Аслияб гьумералде

Тавбу гьабурас цIуне

Тавбу гьабурас цIуне

Тавбу гьаби хирияб гIамал букIин якъинаб жо буго. Гьеб буго мунагь ккарав чиясда тIадаб ишги. Тавбуялъул магIнаги ккола цебехун гьабулеб букIарабщинаб шаргIалда рекъечIеб гIамалги тун, Аллагьасде вуссин абураб. Тавбу гьаби ккола жиндир мунагьазда ракI бухIун, ракI бекун вукIин.

Сайфуллагь-къадияс «Канзул магIариф» абураб тIехьалда хъвалеб буго, тавбу гьабурав чи даимго ракI бекун, истигъфаралда вукIине тIадаб бугин абун.. Гьелъул хIакъалъулъ абун буго, тавбу кколин гIажал щвезегIан хIинкъи рекIелъ цIуни. Дуда тIадаб буго хIарамалдаса бер цIунизе. Щайгурелъул, хирияб хIадисалда буго, балагьи кколин нигIматаздаса нахъе бачахъараб иблисалъул чIоразул цояб. Балагьиялъ цIала пикруялде, гьелъги ахIула зинаялде. ГIалимзабазул цояс абун буго, мун цIунейин бегьулареб бакIалде балагьиялдаса, щайгурелъул гьелъ рекIелъ бихьарабщиналъул сурат накъишлъун гьабулин абун.

«ИхIяалда» хъвалеб буго, къиямасеб къоялъ Аллагьас кIалгьикъизе бугила гIадада гьабураб балагьиялъухъ, пайда гьечIеб каламалдасаго гIадин. Тавбу гьабурав чияс цIуни гьабе гьересиялдаса, къотIуе хилиплъиялдаса, гъибаталдаса, дагIба-къецалдаса, жиндирго напс бецциялдаса, нагIана кьеялдаса, цогидаб халкъ гьалаглъагиян квешаб дугIа гьабиялдаса ва гIемер махсара гьабиялдаса. Тавбу гьабурав чияс цогидал лугбалги цIуне. ГIин – гIенеккизе бегьуларелде гIин тIамиялдаса. МегIер – чияр чIужугIаданалдаса махI сунтIиялдаса. Чехь – шубгьа-хIарамалдаса ва рекъоларел шагьватаздаса. ГIаврат – кинабниги гьелда хурхараб хIарамалдаса. Квер – хIакъ гьечIого цогиясда кьабиялдаса, гьелдалъун хIарамаб мал босиялдаса, цогидаб халкъалъе зарал гьабиялдаса, гьелдалъун аманаталъе кьуралъе хиянат гьабиялдаса ва абизе гьукъараб жо хъваялдаса. ХIетIе – хIарамаб бакIалда, зулмуяв хIакимасухъе, гьесул зулмуялда тIадги рекъон хьвадиялдаса. РакI – хIасад, рияъ, живго жиндаго берцин вихьиялдаса цIуне. Гьересиги ккола киналниги мункаратазул кIуллъун ва гьезде рачунеб нухлъун. Хирияб хIадисалда буго, жиндирго напсалъе нагIана кьезе бокьарас гьереси бицеян.

Тавбу ккола киналниги лъикIлъабазе, тIагIатазе, диниял ва дунявиял нухал рагьиялъе, киналниги лъикIлъабазул кIуллъун.

Аллагьас тавпикъ гьабеги киназего тавбу гьабизеги, гьелда рекъон хьвадизеги!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...