Аслияб гьумералде

Кидаго гьабизе рес бугеб

Кидаго гьабизе рес бугеб

ХIурматиял бусурбаби, гIадада унеб заман машгъул гьабизе бищунго рекъараб жо ккола Аллагь рехсей. Гьелъул хIакъалъулъ рачIарал гIемерал аяталгун хIадисалги руго. Гьеб зикру буго кинаб хIалтIи гьабулеб бугониги щибго квалквал ккечIого гьабизе бегьулеб жо.

 

Нилъер гIемерисеб мех уна гIадада, щибго лъикIаб гIамал гьабичIого. Кидаго как базеги нилъехъа бажаруларо, гьединго кIал ккунги лъугьунаро, гIемер кьезе садакъаги букIунаро. Бищунго нилъее бигьаяб гIибадат ккола Аллагь рехсей. ТIабаранияс бицараб хирияб хIадисалда буго: «Нужеца Аллагь рехсе гIадамаз мажнун ругин абизегIан», - ян.

ГIадамазда гьоркьоб букIуна хабар цо пуланав чиясул бетIер сверарабгIадин бугин, кидаго мажгиталъув, чIумал цIалулев вукIунин абун. Гьеле гьеб бугоха хIадисалда бицараб къагIидаги.

Дунялалъул цо хъулухъалда хадув лъугьарав яги боцIи-магIишат балагьулев чиясдаги цоги батIияб жо бихьуларо жиндирго мурад гурони. Гьеб нилъедаги халлъула, лъиде аскIове кканиги жиндирго мурадалъул гурони бицен гьабуларо гьес. Гьеб къагIида ккола жиндир мурадалда жанив мажнунлъун ккей.

Дунялалъул ишазда гъорлъ паналъулел нилъ Аллагь рехсеялъулъ паналъи гIадаб жолъун бихьулеб буго киназдаго.

ЦIакъго хирияб буго жинда сверун гъапулал гIадамал ругеб бакIалда Аллагь рехсей. Хирияб хIадисалда буго: «Гъапулал гIадамазда гъорлъ Аллагь рехсолев чи релълъун вуго рагъдаса тIурулел гIадамазда гъорлъ вугев вагъулесда. Гъапулал гIадамазда гъорлъ Аллагь рехсолев чи релълъун вуго бецIаб рокъоб бакараб чирахъалда. Гъапулал гIадамазда гъорлъ Аллагь рехсолев чи релълъун вуго гIурччинаб гъотIода, жинда тIаса тIамах гъурал гъутIбузда гъорлъ. Гъапулал гIадамазда гъорлъ Аллагь рехсолев чиясул мунагьал чурула кинавго гIажамиявгун фасихIасул къадаралда», - ян.

Цоги хIадисалда буго: «Нужеца Аллагь рехсе мунапикъзабаз рияъчагIи ругин абизегIан», - ян. 

Цоги буго халкъалда гьоркьоб, цIакъго цIакъ мунапикълъиялъул гIаламатал ругезда гъорлъ чIумал кодор ккурал, зикру бачунел гIадамал рихин. Гьезде гIайибги гIунтIизабула рихьдае жо гьабулел чагIиянги абун. Гьедин мунапикъзабаз абизегIан Аллагь рехсеян абулеб буго Бичасул Аварагас ﷺ.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...