Аслияб гьумералде

РуцIцIун чIеялъулъ буго хвасарлъи

РуцIцIун чIеялъулъ буго хвасарлъи

РуцIцIун чIеялъулъ буго хвасарлъи

Халкъалда гьоркьоб дагIба-къец ккей буго дунялалъул гIадатазул цояб. КигIан цIунун ругониги тунка-гIуси яги дагIба ккечIого хутIуларо. Гьеб ккун хадуб щиб гьабизе кколебали лъазабуни, гьелдаса бигьаго рорчIизе рес букIуна. Амма гьеб халат гьабуни, дунищин нахъе къазе кколев, дун витIарав вугин абун, керен бухун кIиявго чIани, гьелъул хIасил тункагIусиялде, хIатта чIвай-хъеялде ккезе рес буго. Кинха гьелдаса рорчIилел?

РачIа балагьилин гьелъул хIакъалъулъ Бичасул аварагас щиб абулеб бугебли. Аллагь жиндаса разилъаяв Абубакариде цо чи чанго нухалда кIалъана хьамиялъул рагIабаздалъун, свалат-салам лъеяв Аварагги аскIов вукIаго. Аллагь разилъаяв Абубакарги вукIана вуцIцIун чIун. Ахиралдаги Абубакарица дов чиясде данде рагIи абуна. Свалат-салам лъеяв Аварагги тIаде вахъана. Цинги Аллагь разилъаяв Абубакарица абуна:

«Я Аллагьасул Расул! Гьав чи диде хьандана, дица щибго жоги абичIо, мунги кIалъачIо, ахиралдаги дун досдехун кIалъайдал, мун тIаде вахъана?» - илан. Свалат-салам лъеяв Аварагас жаваб гьабуна: «Мун кIалъачIого чIаравгIан заманалъ, дуе гIоло гьев чиясе жаваб гьабулев малаик вукIана, мун кIалъайдал малаик нахъе ана, щайтIан бачIана, дунги тIаде вахъана», - ян.

Гьаб хIадисалда рехсараб руцIцIун чIеялъ гIемераб питнаялдаса хвасар гьарула. Цо чи цогидасде семулев яги вагъулев вугони, гьев вукIуна ццим бахъаравлъун яги жинде тIаде бачIараб цо кинаб бугониги амруялъ рахIатги хвезабун, жинцаго гьабулелъул ва абулелъул хъаравуллъи кквезе бажаруларевлъун. Гьединаб заманалда дандияв вуцIцIун чIани гьениб дагIба кколаро, кканиги гIемер халалъуларо. Гъов жив вагъулевги жиндирго лъикIаб гьечIеб пишаялдаса ракI бухIун хутIула, хIатта тIаса лъугьинги гьарула. Амма данде рагIи абун кIалъазе байбихьани, хIажат гьечIеб калам гIемер ккола. Хирияб хIадисалдаги буго: «ВуцIцIун чIарав хвасарлъана», – ян. Гьаб хIадисалда Бичасул аварагас баянго бицунеб буго вуцIцIун чIеялъ инсан хвасар гьавулевлъи.

Амма нилъеда жаниб бугеб чIухIиялъ, хIамабагьадурлъиялъ риччаларо руцIцIун рукIине. Гьагъав жояс жоги абун чIолев чийищин живин лъугьуна дагIбаялде. Амма хирияб хIадисалда жеги абулеб буго: «Хвасарлъиялъ, саламатго хутIиялдалъун вохизе бокьарав чи вуцIцIун вукIа», – ян. Гьединлъидал нилъеца чIухIи къинабизе хIаракат бахъила ва руцIцIун рукIиналде нилъгоги тIамила.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ,

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...