Аслияб гьумералде

ГIали асхIабасул васият

ГIали асхIабасул васият

ГIали асхIабасул васият

 

Мун вукIунге:

– ГIамал гьабичIого ахираталде хьул лъураздасан.

– Хьулги халат букIаго тавбуялде хьул бугездаса.

– Бицунеб хабар загьидзабазул бугев, гьабулеб гIамал дунял хачалесул бугев.

–  Дунял кьуни - гIорцIи гьечIев, кьечIого тани - разилъи гьечIев.

– Дуца цогидал квешалдаса гьукъулевлъун, мунго нахъчIваларевлъун.

– Дуцаго гьабулареб жо цогидазда амру гьабулевлъун.

–  ЛъикIал гIадамал рокьулин абулев, амма гьезул гIадаб гIамал гьабуларевлъун.

– Мунагьал гьарулезде ццим бахъуневлъун, амма мунго гьезул цоявлъунги вукIаго.

– Мунагьал гIемерлъиялъ хвел рихарав, гьеб жиндие гIоло рихарал мунагьазда чIаравлъун.

– Нагагь унтани - пашманавлъун лъугьунев, амма сахлъидал - щибго ургъелго гьечIевлъун, сундасаго божаравлъун лъугьунев.

– Сахлъани - живго жиндасаго гIажаиблъулев, балагьалъукье ккедал - хьул къотIун кколевлъун.

– Къварилъи тIаде бачIани чаракъотIарас кинниги дугIа гьабулев, амма гIатIилъиялде ккедал жив гуккарав кинниги нахъвуссунев.

– БукIинин ккараб жоялда тIад кIвар бергьарав (дунял хачаялда), лъугьин якъиналда кIвар дагьав (ахираталда).

– Цоясул гьитIинабго мунагь ккеялдаса хIинкъулев, амма дурго гьелдасаги чанго кIудияб ккедал хьулал рукIуневлъун.

– Мун бечелъани чIухIулевлъун, питнаялде кколевлъун, амма мискинлъани тIубан кинабгоялдаса хьул къотIулевлъун.

– Дуцаго гIамал гьабулелъул кIарчанав, гьаризе ккани цIакъго мухIканго, рагIа-ракьанде щвезабулевлъун.

– Машгьурлъи щвани - мунагьал гьарулевлъун ва тавбу гьаби нахъбахъулевлъун.

– Пикру гьабизе ккеялъул бицунев, амма дуцаго пикру гьабуларевлъун.

– Цогидазе вагIзаби гьарулев, амма дуего вагIза къабул гьабуларевлъун.

– Хабар халатав, амма гIамал дагьавлъун.

– Паналъулеб дунялалъулъ цевеккей тIалаб гьабулев, нахъе хутIулеб ахираталъулъ тасамахIлъи гьабулевлъун.

– Дурго тIагIат гIемер бихьулев, чияраб хIакъираблъун бихьулевлъун.

– Бечадалгун рахIаталда вукIин, мискинзабигун зикруялда вукIиналдаса цIикIкIун бокьулевлъун.

– Дурго нафсалъе пайдагун, цогидасе заралгун хIукму гьабулев, жиндиего заралгун цогидасе пайдаялъе хIукму гьабуларевлъун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...