Аслияб гьумералде

Кванил хIасил

Кванил хIасил

Кванил хIасил

Кваналеб жо бацIцIадаб ва хIалалаб букIин ккола кванил адабазул бищун кIвар цIикIкIараб, хасго жакъагIадаб хIалал-хIарамалде кIвар кьейги лъугIун ккараб, гьелъул ургъел гьабиги гьечIеб заманалда.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Нужеца кванай бацIцIадаб квеналдасан», – абун.

 

Къуръаналда хIалал-хIарамалъул хIакъалъулъ бицарал аятал цIакъго гIемерал руго. Гьаб нилъеца бицараб аяталда жаниб Аллагьасул амру буго кваналеб квен хIалалаб, бацIцIадаб букIине ккелин,гьеб нилъееги гIезе ккела.

Аварагасул хlадисалда абулеб буго: «Хlалалаб боцlи тlалаб гьаби тlадаб буго щивав бусурбанав чиясда», - абун. Гьединго: «КIикъого къоялъ хIалалаб квен кванани, Аллагьас гьесул ракIалда нур базабула, гьесул ракIалдасан мацIалде хIикматазул иццалги чвахизарула, гьесда дунялги рихинабула», - абун.

Цо нухалъ СагIд абулев асхIабас аварагасда гьарула, Аллагьасда гьарейин дун дугIа къабулаздасан гьавейилан. Аварагас гьесда абула: «Дуца квен бацIцIад гьабе, мун дугIа къабулаздасан вукIина», - ян.

Ибну ГIаббасица аварагасдасан ê бицана: «Цо малаик вуго Байтул мукъаддасалда тIад ва щибаб сордоялъ гьесги ахIула: хIарамаб квен кванарав чиясул Аллагьас къабул гьабуларо я суннатаб яги фаризаяб гIамал», - абун.

Пикро гьабеха, диналъул вацал, нилъеца къойил ралел какалги, кколел кIалалги, бахъулеб закатги, гIакъуба бихьун, гIемерал харжал гьарун борхулеб хIежги, гьарулел лъикIал гIамалалги Аллагьас къабул гьарулел гьечIо ургьиб хIарамаб цо лукъма кванилги букIун.

Нилъеца гьабулеб кинабниги лъикIабщинаб гIамалалъул нилъее къиямасеб къоялъ пайда гьабуларо гьеб Аллагьас къабул гьабичIони. Дунялалъул рокъоб гьабураб гIамалалъул цохIо сурат хутIулеб буго, ахираталда цIадирабазда тIад лъикIаб рахъалда лъезе жо батулеб гьечIо.

ХIадисалда буго: «Киса боцIи щваниги ургъел гьечIев чи кинаб жужахIалъуве лъугьинавуниги Аллагьасеги гьечIо ургъел», - ян абун.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...