Аслияб гьумералде

Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун

Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун

Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун

Гьаб заманалда кигIан гьитIинабги къварилъи хъатIизецин бегьулеб гьечIо цониги чиясда. Нагагь хъатIани, цIакъ кIудияб къварилъи, ургъел-пашманлъи загьир гьабун, чIезе бакIал тIагIараб гIадаб мисалалде кколел руго.

 

Жеги халлъула, тIолабго чорхол къуватги, магIишат-яшавги, хIатта кодоб гьечIони, налъуда босунги, рахIатал гIуцIиялъе, рокъор санагIалъаби гьариялъе харж гьаби. Гьаб бакIалда мекъи бичIчIизе бегьуларо дица абулеб жо. Рокъор санагIалъаби гьаризе бегьуларин, кколарин абулев чи гуро дун. Дица абулеб буго сахлъиги бугебщинаб магIишатги рахIатал гIуцIиялда тIадги хвезабун, гьедин гIумру тIами лъикIаб жо гурин абун. 

Гьайгьай, нилъеда кколеб буго дунялалде рахIат гьабизе рачIарал гIадамал ругин нилъ абун. РачIаха балагьизе Къуръаналъул аяталъ щиб абулеб бугебали: «Дица нужер хIалбихьичIого тезего теларо хIинкъи, ракъи тIаде тIамун, боцIи, чурхдул ва пихъал мукъсан гьарун. Дир рохел бице гьеб киналдаго сабру гьабун чIаразда», - ян (сура «ал-Бакъара», аят 155).

Пикру гьабеха гьаб аяталъул, гьаниб абулеб бугищ нуж тезе ругин киналниги нигIматалги кьун, рахIаталда? Узухъда, гьечIо. Щайгурелъул гьаб дунял буго цIакъ къокъаб, пайда гьечIеб, балагь-къварилъиялъул рукъ. Гьаб буго нухда унел гIадамал сордо базе, хIухьбахъизе жанире руссараб нухлулазул рукъ гIадаб бакI.

Гьелда хадусеб аяталда буго: «Гьединал, сабру гьабурал гIадамал ругила гьел, жидеде балагь бачIиндал ниж Аллагьас рижарал ва ахир гьесде руссунелги ругоян жидеца абурал», - ян (сура «ал-Бакъара», аят 156). Гьаб аяталда БетIергьанас малъулеб буго кинаб бугониги къварилъи тIаде бачIиндал «инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» абизе, ай ниж Аллагьас рижарал руго, ахир Гьесде руссунелги ругоян. Аллагьас нилъ хIадур гьарулел руго къварилъиялда сабру гьабизе, хIатта гьениб цIализе жоги малъулеб буго. Амма нилъер хьвадиялде балагьани, дунялалдаго алжан гIуцIизе хIалтIулел рихьула. Цинги, тохлъукьего балагь бачIани, гьеб хIехьезе сабруги гIолеб гьечIо.

Гьел рагIаби кинаб къварилъи тIаде бачIаниги абизе хириял рукIиналъул хIакъалъулъ хIадисазда бачIун буго: «Цогидазе кьечIеб, дир умматалъе кьураб жо ккола, къварилъи бачIиндал «инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» аби», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Жиндиде тIаде къварилъи бачIарав чияс истрижагI цIи гьабуни, ай «инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» абуни, цебегIанго ккараб къварилъи букIун батаниги, гьесие кири хъвала гьеб тIаде бачIараб къоялъ хъварабго гIадаб», - ян.

Бичасул аварагасул ﷺ хъизан, муъминзабазул эбел Уммусаламатидасан бицараб хIадисалда буго: «Бичасул аварагас абулеб рагIана, балагь тIаде бачIиндал жинца абуни «инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун, аллагьуммаъжурни фи мусибати вахлиф ли хайран мингьа» абун, Аллагьас гьесие хъвала гьеб балагьалда сабру гьабуралъул кири ва гьелдасаги лъикIаб нигIмат тIадеги кьола. Дир бетIергьанчи Абусаламат хвараб мехалда дица абуна гьел рагIаби Бичасул аварагас амру гьабухъе. Цинги диеги Аллагьас кьуна цеве вукIарасдасаги лъикIав рос, ай МухIаммад авараг», - ян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...