Аслияб гьумералде

Ракьалда Аллагьас бижараб тӀоцебесеб мегӀер

Ракьалда Аллагьас бижараб тӀоцебесеб мегӀер

Абу Къубайс ккола Маккаялъул бакьулъ, КагӀбаялдаса бакъбаккул рахъалда, Сафаялда аскӀоб бугеб гьитӀинабго мегӀер. Маккаялда бищунго машгьураб гьеб мегӀер ХӀарамалъул мажгиталде тIаде балагьун буго. Маккаялъул цогидал мугӀрузда дандеккун, гьелъул кӀодолъи дагьаб букӀаниги, бусурбабазе гьелъул кӀудияб тарихияб ва динияб кӀвар буго.

 

Гьеб мегӀералда лъун буго Абу Къубайс абулев чиясул цӀар. Гьес тӀоцебе байбихьана гьениб мина базе, гьелдаса нахъе гьесул цӀар рекIана мегIералдаги. Гьединго абула ЧӀегӀераб гамачӀги (гӀараб мацӀалда «къабаса») гьеб магӀардаса босун бугин, гьелдасан Абу Къубайс абун цӀар лъугьанин («къабаса» абураб глаголалдасан).

Жагьилияб заманалда гьеб мегӀералда Аль-Амин абун цӀар букIана. ЧӀегӀераб гамачӀги гьениб цӀунун букӀана КӀудияб тIупан тIеялдаса байбихьун Ибрагьим аварагас ва гьесул вас ИсмагӀилица тӀаде босун цӀияб КагӀба базегӀан.

Киназдаго лъалеб букӀахъе, КагӀба букӀана Ибрагьим аварагасул заманалдаса цебеги, амма НухӀ аварагасул заманалда ккараб тIупан тIеялъул мехалъ гьеб зодобе борхана. Амма ЧӀегӀераб гамачӀ бахчун букӀана Абу Къубайс мегӀералда жаниб.

Ибрагьим аварагас Аллагьасул амруялдалъун цӀидасан бана КагӀба. Гьеб бан лъугӀарабго Ибрагьимида лъана ЧӀегӀераб гамачӀ камун букӀин. Цинги Абу Къубайс магӀардасан гьесда гьаракь рагӀун буго: «Босе дихъа ЧӀегӀераб гамачӀ!» - ян ахIулеб.

Абу Къубайс рикӀкӀуна Ракьалда Аллагьас бижараб тӀоцебесеб мегӀерлъун. Ракьалда ругел цогидал киналго мугӀрулги гьеб магӀардасан лъугьана. ГIелмиял цIех-рехазул хIасилалда гӀалимзабаз чӀезабун буго киналго мугӀрузул кьалбал ракьалда гъоркье гъваридго унел рукӀин ва гьел киналго цоцазда рухьарал рукӀин.

ГӀиса ибн ХӀазим ан-Найсабуриясдасан бицун буго Ибрагьим ибн Адгьамгун цадахъ гьев Маккаялда вукӀанин ва гьес, Абу Къубайс мегӀералдехунги валагьун, абунин: «ХӀакъикъияб иман бугев муъминчияс доб мегӀералда абуни: «ТӀагӀа гьанисаян!», мегӀер тӀагӀинаан», - илан. Гьеб лахӀзаталда Абу Къубайс мегӀер багъаризе лъугьана, Ибрагьим ибн Адгьамица абуна: «ГӀодобе биччай, дица мун гуро абулеб букIараб», - ян. Гьелдаса хадуб мегӀер нахъеги багъаричӀого чIана.

(Абу НугӀайм, «ХӀиятал-авлия»)

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...