Аслияб гьумералде

ХIасан-афандияс къазизабазде гьабураб хитIаб

ХIасан-афандияс къазизабазде гьабураб хитIаб

ХIурматиял бусурбаби, тIари-къаталъул устарзабигIан Аллагьасул диналъухъ ракI унтарал гIадамал халкъалда гьоркьор цоги рукIунаро. Къасиги къадги гьез халкъалъул гьабулеб ургъелгун кIваралъул бицун хIалкIвеларо. ХIатта гьезул насихIатал жалго ругеб заманалъе гуреб, хадуб тIаде бачIулъеги пайда цIикIкIарал рукIуна.

 

Гьелъие нугIлъи гьабула жиндир баракат киназего щваяв ХIасан-афандияс цо-цо имамзабазухъе хъвараб хитIабалъги:

«Дуда лъай, нилъеда бищунго тIадаб жо, хIалкIвараб къадаралда хIузур цIуни ва Бичасул аварагасул ﷺ суннат чIаго гьаби букIин. Гьединго нилъеда бичIчIизе ва бихьизе ккола гьаб дунялалъул хIакъирлъи, гьединлъидал ахират къачIаялда тIад хIалтIизеги ккола. Ва дир гьудул, лъиего балъгояб жо гуро нилъее хIухьелал рикIкIун кьурал рукIин, гьел я цIикIкIунаро, я камуларо. Гьаб дунялги буго ахираталъул хур. Рекьулъ кIарчанлъи гьабурав, хур бакIариялъулъ пашманлъула. Къуръаналда абун гьечIищ, инсанасе букIунарин жинцаго гьабураб гурони цоги жойилан абун.

Ризкъиялъул хIакъалъулъги Къуръаналда гьечIищ, ракьалда тIад цониги рухIчIаголъи гьечIин жиндие рикъзи кьезе БетIергьанас тIаде босун гурониян. Аллагьас кьезе жинцаго тIаде босараб жо балагьун, нилъеде тIамун таралда кIарчанлъи гьабун рукIин ккола бищунго кIудияб ахIмакълъилъун.

Нужеда лъала, лъикIалдалъун амру гьаби ва квешалдаса нахъчIвай тIагIатазул бищунго хирияб букIин. Нуж жакъа тун руго къазаалъул амру кодоселлъун, нужер бетIералда тIад Аллагьас лъун буго бетIерлъиялъул таж. Нужее рекъараб буго рузман ва гIидазул къояз вагIза-насихIаталда цIакъ бахъи гьабизе, гIадамал шаригIаталда нахърилълъиналде, Аварагасул ﷺ суннаталда тIадчIеялде ахIизе.

Нужеца гIиллаби рачунге, абураб гьез гьабуларин абун. Нилъеда тIад халкъалъухъе щвезаби гурони гьечIо. ВагIзаялъул мисал буго ракьалде рехараб мугьалъул. Сахаб ракьалде ккараб мугь тIирщула. Гьединго чара гьечIо мугь рехараб бакI лъалъачIогоги. Лъалъалеб бугони къвакIараб ракьалде ккараб мугьцин тIирщула. Дуда гьеб бичIчIа ва цогидаздаги бичIчIизабе. Мун вукIа амру-нагью гьабулевлъун. Гьедин вугони жакъа дунялалдаги, метер ахираталдаги гьелъул пихъ дуца бакIарила. Вала хIавла вала къуввата илла биллагь. Вассаламу нужее истикъамат кьеян дугIаялда вугев КъахIиса ХIасан».

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...