Аслияб гьумералде

Къулгьу цIалиялъул хиралъи

Къулгьу цIалиялъул хиралъи

Суратул «Ихлас» цIализе хирияб букIин баян гьарулел хIужаби гIемер руго. Цо дагьалго хIадисал рехсон тезин.

 

– Нужер цонигияв гIажизлъилищ сардилъ лъабил бутIа Къуръаналъул цIалиялдаса? Нужеца цIале «Къул гьуваллагьу ахIад» сура, гьеб бащалъула Къуръаналъул лъабил бутIаялда.

– Цо чияс абуна хирияв аваргасда ﷺ, дие бокьулин гьаб сура, ай «Къул гьуваллагьу ахIад». Цинги Бичасул аварагас ﷺ абуна гьеб бокьиялъ мун Алжаналде вачунин абун.

– Цо нухалъ «Къул гьуваллагьу ахIад» цIаларав чиясе Аллагьасде, гьесул малаикзабазде, тIахьазде ва русулазде иман лъурасул кири кьола БетIернагьанас. Гьединго кьола нусго шагьидасулалда бащадаб кириги.

– «Къул гьуваллагьу ахIад» бащалъула Къуръаналъул лъабил бутIаялда.

– Суратул «Ихлас», ай «Къул гьуваллагьу ахIад» цIаларав чиясул черх хIарамаблъун гьабула жужахIалъе.

– 11 нухалъ «Къул гьуваллагьу ахIад» цIаларав чиясе Алжаналда рукъ бала. 20 нухалъ цIаларав чиясе - кIиго хъала бала. 30 нухалъ цIаларав чиясе - лъабго хъала бала. Цинги ГIумар-асхIабас абуна, АллагьасхIаги, ва Бичасул аварагﷺ, Алжаналъул рукъзал гIемерлъизаричIого теларо нижецайилан абун. Бичасул аварагасﷺ абуна: «Аллагьасул рахIмат гьелдасаги кIудияб буго», - ян.

– 11 нухалъ «Къул гьуваллагьу ахIад» цIаларав чиясе Алжаналда рукъ бала.

– 20 нухалъ цIаларав чиясе 30 000 хъала бала.

– 40 нухалъ цIаларав чи Бичасул аварагасда ﷺ мадугьалихъ вукIуна.

– 50 нухалъ цIаларав чиясул 50 соналъул мунагьал чурула.

– 100 нухалъ какилъ яги гьеб гуреб бакIалда цIаларав чиясе хъвала жужахIалдаса хвасарлъи.

– 200 нухалъ цIаларав чиясе 200 соналъул мунагьал чурула.

– 400 нухалъ цIаларав чиясе 400 шагьидасул кири хъвала.

– 500 нухалъ цIаларав чиясул жиндирго, рукъалъул агьлуялъул ва гьесдаса гьавунщинасул мунагьал чурула.

– 1000 нухалъ цIаларав чияс жиндирго напс бичун босула БетIергьанасухъа.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....