Аслияб гьумералде

Щугояб… Щугоялдаса

Щугояб… Щугоялдаса

ХIурматияб исламияб жамагIат, магIарулал. Лъиего балъгояб жо гуро гьаб дунял цIакъ дагьаб, манзиликъаб жо букIин. Кинавго чиясги абула гьаб заманалдаса баракат бахъун бугин, гьеб хехго унеб бугин абун.

 

 

Ахирзамана бугелъул, гьедин батизеги бегьула. Амма заман берцинго, тартибалда хIалтIизабиялда барабги гIемераб жо буго. Гьелъул хIакъалъулъ Бичасул Аварагас ﷺ абун буго: «Дуца щуго жоялдаса пайда босе, гьелъул щугояб бачIиналде цебе. Хвел бачIиналде чIаголъиялдаса; унти загьирлъилалде сахлъиялдаса; херлъи щвелалде гIолохъанлъиялдаса; мискинлъилалде бечелъиялдаса; регIел гьечIолъи тIаде бачIиналде бугеб заманалдаса», - ян.

 

«Хвел бачIиналде чIаголъиялдаса…»

Нилъеда рихьула гIадамал, дагьаб нахъа гьабилин абун гIибадат букIа, цогидаб бугониги тарал, цинги тохлъукьего хвалица къвал жидеда жемарал. Ахирияб лахIзат кида букIинебали лъаларел нилъее гьабулеб иш нахъбахъизе рекъоларо.

 

«Унти баккилалде сахлъиялдаса…»

Гьаб буго кутакалда гIемерал унтаби тIиритIараб мех. Хасго пандемиялдаса хадуб, гIадамазулъ раккулел руго цIар лъезе лъаларел унтаби. Унтун хадуб сахлъиялда вугеб мехалъ гIадаб жангун къуват букIунаро гьабулеб-толелъе. Гьабулебги гIамалги унтараб гурони лъугьунаро.

 

«Херлъи щвелалде гIолохъанлъиялдаса…»

ГIолохъанго рукIаго ракIалде ккола гьеб кидаго тIаса унареб жойин абун. Амма заманго балалде тIаса унги батула. Цинги, матIуялда цеве чIедал живго лъаларо, гьав херав чиго щивдайин ккола. Гьайгьай, киналго хьулал хIорго хутIула.

 

«Мискинлъилалде бечелъиялдаса…»

Дагьабниги ресалда вугев чиясда ккола, жеги цIикIкIун магIишатги гьабун гьабилин садакъа-хайратилан абун. Амма гьеб гIемер гьабулебин абун квалквадилаго кодоб букIарабги чурун, чIобогояб гъасда хутIула. Гьадин-додин гьабун букIарабаниян абурал хьулазда вукIуна. Бугеб ресалда рекъараб садакъа гьабуни, хадув мискинлъаниги, гьабуралдаса вохи гурони пашманлъи букIунаро.

 

«РегIел гьечIолъи тIаде бачIиналде бугеб заманалдаса…»

ГIадатияб къагIидаялда рекъон, гIолохъанлъуда букIуна регIел цIикIкIараб мех. Амма хъизан-кулпат кIодолъидал, эркенаб заман дагьаб гурони букIунаро. Гьединлъидал, гьабсагIат бугеб ресалдаса пайда босичIони, нахъаялде кватIун ккун батула.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...