Аслияб гьумералде

МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.

 

Дуца щай гьесда дур умумузулги къавмалъулги цонигиязул гьечIеб цIар лъурабин гьикъидал гьес абуна: «Дир хьул буго ракьалъул кинабниги халкъалъ гьев вецциялда,-ян. Гьес гьеб цIарги гьесда лъун букIана киназго веццулев вас гьев лъугьинародаян лъикIалъе пал тIамун. Гьеб лъаялъе гIиллалъунги ккана ГIабдулмутIалибида бихьараб макьу. Гьесда макьилъ бихьула жиндир мугъзалъа къватIибе гIарцул рахас бахъараблъи ва гьелъул цо рагIал зодибе, цо Машрикъалде, цогидаб Магърибалде щун. Хадуб гьесда бихьана гьеб нахъбуссун бачIунеблъун гъветIалъул сураталда, жинда тIад бугеб тIанхидасан нурги бугеб ва Машрикъ Магърибалъулд агьлуги гьелда хурхулеблъун. Гьес гьеб макьу бициндал гьесие гьеб къотIана гьесул мугъзала (ай гьесул наслуялъул) вахъине вуго цо вас, гьесда хадуб Машрикъ-Магърибалъул агьлуги билълъанхъулев ва зоб-ракьалъул агьлуялъ живги веццулев. Гьелда тIадеги МухIаммадилан цIар теялъе гIилллаъун ккола гьесул эбел Аминатица ГIабдулмутIалибиде бицараб хабар. Гьелъ бицуна жинда малаикас абунила дур чохьонив вугин гьаб умматалъул саййид, гьев гьавуравго дуца гьесда цIар лъе МухIммадилан.

Цоги Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола АхIмад абураб цIарги. Гьеб цIарги аварагасде тун букIана Мусагун ГIиса аварагзабазул мацIалда. Гьелъул магIнаги ккола Аллагьасе ﷻ рецц гьабулезул бищунго цIикIкIун рецц гьабулев абураб. МухIаммад абураб цIаралда цебе АхIмад абун цIар тана, АхIмад абураб цIаралъул магIна БетIергьанасе рецц гьабулев абураб бугелъул Аварагасе ﷻ халкъалъ рецц гьабиялдаса БетIергьанасе рецц гьаби цебеги ккезабун. БетIергьанасе цIикIкIун рецц гьабулевлъун Авараг ﷻ вукIин гуребги, АхIмад абун цIар теялъе уоги гIилла буго. БетIергьанас гьесие «Макъамун махIмуд» кьураб мехалда лъицаниги гьабичIеб куцалъ Жиндие рецц гьабулеб къагIида малъула Аллагьас ﷻ гьесда гьес (Аварагас ﷻ) гьедин БетIергьанасе рецц гьабула.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...