Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул r рагIаби

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул r рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

– ЧIужугIаданалъе мутIигIлъиялда жаниб пашманлъи буго.

– Рохел буго жиндирго гIайиб бихьун цогиязул гъалатIал рихьиялдаса машгъуллъарав чиясе.

– Рохел буго жиндир гIумру халатав ва гIамал берцинав чиясе.

– Муъминчиясул мугъ (живго) цIунарав вуго, исламалъул хIакъалдалъун хутIун.

– КъотIи тIубай налъи буго.

– ГIадамаздаса ватIаго чIеялъулъ хвасарлъи буго.

– Кьибил гъваридго унеб жо буго.

– Ханзабазул тIаса лъугьин гьезул ханлъи цIунулеб жо буго.

– Квералда тIад буго гьелъ босараб жо нахъе кьезегIан.

– Берккей хIакъаб буго.

– Унго-унгояб бечелъи буго Аллагьас кьуралда гIей гьабун чIей.

– Унго-унгояб пакъирлъи буго кьуралда разилъунгутIи.

– Питна кьижун букIуна, гьеб борчIизабурасе Аллагьасул нагIана буго.

– ЛъикIал пишабаз цIунула хвалилъ ахир мекъи ккеялдаса.

– Бокьараб рухIчIаголъиялъе гьабураб кумекалъухъ кири буго.

– ГIагарав ккола рокьа-хинлъиялъ гIагар гьавурав, насаб рикIкIадасеб батаниги.

– Дуца абе, дица иман лъунин Аллагьасда, цинги диналъул нухда витIунги чIа.

– Лъимал дагь рукIин кIиго бечелъиялъул цояб буго.

– Дуца хIакъаб рагIи абе, кигIан гьеб кьогIаб батаниги.

 Дагьаб нигIмат жиндихъ щукру гьабун бажарулеб лъикIаб буго, кIолареб гIемералдаса.

– Бугелда разилъи буго лъугIулареб хазина.

– Цин бухье, цинги таваккал тIаме.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...