Аслияб гьумералде

Ризкъи кьолев

Ризкъи кьолев

Къуръаналъул аятазда рукIуна инсанасда ракIалдецин кколарел илагьиял магӀнаби ва хIикматал. Гьел цIализе ккола пикруги гьабун. Сура «Зарияталда» бугеб лъабго аяталда буго: «Дица жиналги халкъги бижичIо, гьез Дие гӀибадат гьабизе гурони, гьезул ризкъиги Дие хӀажат гьечӀо, гьез Дие квен кьезеги къваригӀун гьечӀо», - ян.

 

Гьаб аяталда ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ бихьизабуна Жинца гӀадамалги жиналги Жиндие гӀибадат гьабизе рижарал рукӀин. Хадубги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна гьездаса ризкъи тӀалаб гьабулеб гьечIиланги.

ТӀадегӀанав Аллагьасда ﷻ Жиндир гIелмуялдалъун лъала гьезул (гӀадамазулги жундузулги) ургъел гьабизе кколел черхалъул тӀабигӀиял хӀажалъаби рукӀине рукӀин. Гьел хӀажалъабаз ракӀбацӀцӀадаб (Аллагьасе) гIибадат гьабизе квалквал гьабизе букIана. Цинги Аллагьас ﷻ гьездаса гьеб захIмалъи нахъе босула, гьез Гьесие гIибадат гьабизелъун. ХIакъикъаталдаги ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вукIин лъазе ккола ракIчIун.

Хадубги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Дие гьезул ризкъи хӀажат гьечӀо», - ян.

БетIергьанас ﷻ жеги абуна: «Дие хӀажалъи гьечӀо гьез Дун кваназавизе», - ян. Щайгурелъул Жив вугин Къуватав ва Дидего гIей гьабулевлъун. Гьединлъидал, гьаб аят ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хадубцунго рехсана: «ХӀакълъунго, Аллагь вуго ризкъи кьолев, Щулияб Къуваталъул БетӀергьан» («Аз-Зарият» сурат, 58).

Аллагьас ﷻ гьаб бакIалда бичIчIизабулеб буго ризкъи кьолев чи цохIо ТIадегIанав Аллагь ﷻ вукIин.

Гьаб аяталъ бихьизабулеб буго лагъзадерие ризкъи букIин ва гьединго тIадаблъун гьабуна гьезда лъазе кколеблъи ризкъи кьолев чи Аллагь ﷻ гурев цогидав гьечIевлъи.

Бухари ва Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Цо къоялъ радал Авараг ﷺ къаси бараб цIадалдаса хадуб къватӀиве вахъуна ва абуна: «Лъалищ нужеда БетӀергьанас щиб абурабали?». Нижеца жаваб гьабуна: «Аллагьасдаги ﷻ ва Гьесул Аварагасдаги ﷺ цIикIкIун лъала», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Нужер БетIергьанас абула: «Дир лагъзадерида гьоркьоса гьаб сордоялъ иман лъуралги лъечIел рахъана. Жидеца гьаб цIад Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун бачIараб бугин абурал ккана Дида иман лъурал ва цIвабзазда божичIел. Амма цIад кинаб букIаниги цIва сабаблъун рещтIараб бугин абурал Дида иман лъечIеллъун ккана, цIвабзазда иман лъурал руго», - ян.

Гьаб хIадисалъ бихьизабуна хIакъикъияв ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вукIин.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...