Аслияб гьумералде

Жакъа кьела, метер кьела

Жакъа кьела, метер кьела

КъваригIун гьечIониги налъуда гIарац босулелги рукIунел  руго гIадамал. Нахъбуссинабизе заман щведал, жакъа кьелин, метер кьелин абун махсароде кколел руго. Муъминчияс, рес букIун, хIаракат бахъизе ккола налъи гьабичIого тезе. ХIадисалда буго: «Налъудаса цIуне! Налъи – сардилъ къварилъи ва рахIатхвей, къад - гIодобегIанлъи буго», - ян (Байгьакъи)

 

Налъуда гIарац босулеб мехалда цо-цоязул ниятго букIунаро гьеб нахъбуссинабизе. Аварагасул ﷺ суннаталдасан ккола налъи босулелъул цIараб заманалда ялъуни цебеккунго гьеб нахъбуссинаби. Аварагас ﷺ абуна: «ТIадбуссинабизе ниятгун чияр жо босулесе Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Амма щибго гуреб жоялъе, гIицIго гьеб хвезабизе нияталда босулев, Аллагьас ﷻ гьалаг гьавула», - ян. (Бухари)

Налъи босулелъубги суннатаб буго гъоркьлъалие щиб бугониги тезе. Хирияв аварагас ﷺ ягьудиясухъа кваназе жо налъуда босулелъул, жиндирго къолден гъоркьлъалие тана. (ФатхIул Бари)

КъотIиялъул бищун лъикIаб къагIидаги ккола гьеб. Налъулавги вахча-хьван вукIине кколаро ва налъи кьурасги щибго ургъел гьабизе кколаро. Налъи бецIизе кIвечIони ялъуни налъулав хвани, налъи гIагаразде тIаде бегуларо, гъоркьлъалие лъурабги налъи кьурасе хутIула.

Налъи босарасда лъазе ккола налъудаса вацIцIалъизегIан садакъа-хайратал гьаризе, хIежалде ине ялъуни гIарцуда хурхарал лъикIлъаби гьаризе бегьунгутIи. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Хъизан-агьлу хIажалъиялда ругезул ялъуни бецIизе налъи бугесул садакъа къабул гьабизе гьечIо», - ян. (Бухари)

Налъи тIад бугесе хIарамаб буго цIакъго хIажат ккараб жоялда тIад гурони гIарац хвезабичIого тезе. Бищун цебе гьес ургъелги гьабизе ккола налъи бецIиялъул.

Налъи бецIизе ресги букIун гьеб нахъе бахъарасе, щибаб къо рикIкIун, зулмучиясул мунагь хъвазе буго. (ТIабарани)

Аварагасул ﷺ суннаталдасан ккола кумек хIажалъидал налъи кьурасе баркала загьир гьаби. Гьебги ккола, налъи тIадбуссинабулеб мехалда кинаб бугони сайгъат гьаби. Амма налъи босулеб мехалда гьадият кьелин абун къотIи гьабизе бегьуларо. ХIадисалда буго: «ГIадамазул бищун лъикIал – налъи бищун лъикIаб хIалалъ бецIулел руго», - ян.

Налъуласда лъазе ккола налъи цIакъ кIвар бугеб жо букIин ва гъазаваталда хварав шагьидасулцин мунагьал чурула налъул мунагь хутIун. (Муслим)

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...