Аслияб гьумералде

Гьудуллъун ккоге

Гьудуллъун ккоге

Абу Мусадаса бицараб хIадисалда буго: «РитӀухъав гьудуласулги квешав гьудуласулги мисал букIуна мискал ричулесулги, пулалда нахъа жанибе гьури речIчIизабун къебелъи гьабулесулги. Мискал ричулес дуе кьезе бегьула жиндирго къайиялъул щиб бугониги (махI бугеб миск), яги дуца бичун босизе бегьула гьесул щиб бугониги, ялъуни гьениса бачIунеб махIгIаги чIвала дуда. Пулалда жанибе гьури речIчIизабулес дур ретIел бухIизе бегьула яги гьениса бачIунеб махIгIаги рекIуна дуда», - абун (Бухари).

 

ХIадисалда Аварагас ﷺ мухIканаб къагIидалда дандекквей гьабун баян кьолеб буго лъикIавги квешавги чиясдехун гьалмагълъи ккун, гьесда цадахъ хьвадиялъул.

РитIухъав гьудуласдасан щола:

  • щиб бугониги къиматаб жо (гIелму, лъикIаб тIабигIат, берцинаб хьвада-чIвадиялъулаб мисал, Аллагь ﷻ ракIалде щвезави);
  • бичула дуе гьеб (дуца хIаракат бахъула гьесухъа гьеб щвезе);
  • кIиялъулго цоябниги щвечIониги, дуде берцинаб махIгIаги бачIуна гьесдаса (мискал ричулеб тукада жаниб заман бахъиялдалъун, къватIире щведал, нилъеда халлъула гьениб букIараб махI нилъер ратIлидаги чIараблъи, гьединго, лъикIав чиясда аскIов чIеялдалъун дуе щола пайда).

Квешав гьудуласдасан щола:

  • кIкIуй, бухIулеб тIорччодаса тIираби (заралияб асар, мунагьал гьари, квешаб калам гьаби);
  • гьесда кӀола мун вухӀизе (дур иман яги яхӀ-намусалъе зарал гьабизе);
  • бищун дагьаб, махIгIаги бахъуна дудаса (дур тIабигIат-гIамал яги рекIел чIей загIиплъи).

Гьединлъидал, щивас хал гьабизе ккола лъилгун бухьен бугебали, щвезе бугищ гьесулгун гьоркьоблъи букIиналдалъун дунял-ахираталъе пайдаяли.

ЛъикIав гьудул вуго жиндиргун бухьен кквеялдалъун мун загьиралдагун батIиналда лъикIлъулев чи. Чиясул тIабигIат буго аскIор ругезул хIал бикъулеблъун. Гьелъ цIодорлъигун пикру гьабизе ккола аскIор ругезул.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Аварагасул ﷺ гIумру ва гIамал

Аварагасул ﷺ гIумру лъаялъ нилъ рачуна хIакъаб нухде, ракIал рацIцIалъула, иман щулалъула. Аварагас ﷺ гIадамал ахIана Аллагь цо гьавиялде, гIасилъи теялде, жагьиллъиялдаса гIелмулде, мекъи ккеялдаса ритIун ккеялде, бецIлъиялдаса канлъиялде, дунял-ахираталъул талихI щвеялде.   Авараг ﷺ...


Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал

ГӀадамазда гьоркьоб рагӀул гуреб бухьеналъул бищунго кӀвар бугел формабазул цояблъун рикӀкӀуна черхалъул мацӀ. Багъа-бачариялдалъун, гьурмада бугеб мимикаялдалъун ва ишарабаздалъун гӀадамаз рагӀаби гьечӀого загьир гьаризе бегьула жидерго пикраби ва рекӀел хӀал. Черхалъул мацӀалдалъун баянлъулел,...


ХIалалаб бетIербахъи

Щивав бусурбанчиясе хӀажатаб жо ккола хӀалалаб хайир ва хӀалалаб ризкъи тIалаб гьаби. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, гьал гIадамал! Нужеца гьаб дунялалда ругел нигIматаздасан кванай, гьел нигIматал руго нужее хIалалаллъун, нужер чурхдузе ва гIакълуялъе зарал...


Суратул «Кавсаралъул» тарихазулаб дандеккей

Къуръаналда бищун къокъаб сура ккола суратул «Кавсар». Гьелда жаниб буго анцIго рагӀи. «Кавсар» сураталъул тӀоцебесеб аят 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. КӀиабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Лъабабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Алиф хӀарп бищун гӀемер...


ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

МухIаррам ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал Ибрагьимил заманалдаго хIурмат гьабулеб букIараб, Къуръан-хIадисалъ жиндир хиралъи бицараб моцIазул цояб.   Гьединлъидал щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе ﷻ тIагIат цIикIкIун гьабун, хIалкIвараб къадаралъ квешлъи рехун...