Аслияб гьумералде

Кумек гьабулел гIамалал

Кумек гьабулел гIамалал

Сардилъ тIаде рахъун гIибадат гьаби бигьаяб иш гуро, хасго нилъгIадал загIипал чагIазе. Бугониги, гьабураб гIамал цIикIкIун хъвалевлъун Аллагьги вугелъул, бажарараб гьабизе хIаракат бахъизе ккола. ХIаракат бахъулесе БетIергьанасги тавпикъ гьабула.

Имам Гъазалияс «ИхIяалда» рехсолел руго сардилъ тIаде рахъиналъе жидедалъун бигьалъи бугел чанго гIамалал. Гьелги загьириялги батIиниялги абун кIиго тайпаялде рикьун руго.

Загьириял: кваналеб жо дагь гьаби. ЦIикIкIун кванаялъ чехь цIезабула, макьу бачIун тIаде рахъин бакIлъизабула. Цо-цо шайихзабаз, кваналеб заманалда, абулаан: «Муридзабазул къокъа, нужеца кваналеб жо гIемер гьабуге, цIикIкIун кванаялъ лъим гIемер гьекъезабула, цинги кьижиги бергьуна, хвалда аскIорги пашманлъула», - ян.

  • КIиабилеб, къад мехалда бакIаб хIалтIи гьабун, напс сваказабунгутIи. Къад бакIаб хIалтIи гьабун лугбал загIип гьаруни, гьелъги макьу тIаде цIала. Лъабабилеб, къайлулат гьаби тунгутIи (къалъул какил гIуж щвелалде цебе дагьабго заманалъ кьижи). Ункъабилеб, къад мехалда мунагьалде кколеб гIамал гьабунгутIи. Мунагьалде кколеб гIамал гьаби буго ракI биццат гьабулеб, рахIматалдаги лагъасдаги гьоркьоб пардав лъугьинабулеб жо.
  • БатIиниял: бусурбабазде рокьукълъи букIиналдаса ракI бацIад гьаби, бидгIияб гIамал тей, дунялалдехун бугеб хьул къотIинаби. Гьел гIамалал чорхолъ ругел гIадамазул хIакъалъулъ абулеб буго, сардилъ тIаде рахъаниги гьезда кIоларин балеб какилги гьабулеб цогидаб гIамалалъулги Аллагьасе гIололъун гьабун, пикру ва хIузур цIунизе.
  • КIиабилеблъун рехсолеб буго, Къиямасеб къоялъ гIазабалдаса хвасарлъи дагь гьабигун хIинкъи рекIелъ цIунеян. Ахираталъул хIинкъабазулги жужахIалъул гIазабазулги пикру гьабидал, чиясдаса макьу тIурула, квешаб гIамал гьабиялдаса цIуниги букIуна.
  • Лъабабилеб буго жинда сардилъ вахъиналъулъ бугеб хиралъи лъай. Щайин абуни, пуланаб иш гьабиялдалъун хайиралде хьул букIунеб гIадин, сардилъ вахъун гIамал гьабиялдалъунги жиндие щвезе бугелъул хIукму ва жеги цIикIкIун гьабизе гъираги букIине.
  • Ахирисеб буго бищунго хирияб, Аллагьасе гIололъун бугеб рокьи, сардилъ вахъиналдалъун жив БетIергьанасдехун мунажат гьабулев вугин, Гьевги I жиндихъ валагьун вугин абун иманалъул къуват букIин.

Аллагьас кумек гьабеги щивасе БетIергьан разияб куцалда гIамалгун гIибадат гьабизе!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...