Аслияб гьумералде

ЦIуни

ЦIуни

Рокъоса къватIире рахъунеб мехалъ, ТIадегIанав Аллагь ﷻ ракIалде щвезавун, хасал дугIаби ва азкарал цIализе рекъараб буго бусурбанчиясе. Гьедин гьабиялдалъун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цIунила кинабго заралалдаса, шайтIаналъул макру-хIиллаялдаса ва нилъее зарал гьабизе бокьараздасаги рикIкIад гьарила. ГIемер батIи-батIиял дугIаби ва тасбихIал руго зарал бугелдаса цIунизе сабабазе.

 

Анас-асхIабасдаса бицун буго, Аллагьасул расулас ﷺ абунин: «Щив чи вугониги жиндир рокъоса къватIиве вахъунаго «Бисмиллагьи таваккалту гIала Ллагьи ва ла хIавла ва ла къуввата илла би Ллагь» абун, гьев чиясда абула (яги Аллагьас ялъуни малаикзабаз): «Дуе гIей гьабила, мун цIунила ва тIовитIизеги тIовитIила абун, шайтIанги гьесдаса рикIкIалъила», - ян. (Тирмизи).

Гьеб хIадисалъул Абу Давудица бачараб риваяталда буго: «Ва (цо шайтIаналъ) цогидалда абула: «Кин (дуда) кIолеб (дуе хIажаталде щвезе) битIараб нухда ва цIуниялда вугев чиясдасан?» - абун.

Гьел рагIабиги абун рокъоса вахъарав чи хвасарлъаравлъун вукIина гьесие зарал гьабизе рес бугелщиналдаса ва Аллагьасул ﷻ цIуниялда гъоркьги хутIила.

Гьединго Абу Гьурайратидасан бицун буго: «Жиндирго рокъоса къватIиве вахъунелъул Бичасул Аварагас ﷺ кидаго абулаан: «Бисмиллагь, аттуклану гIала Ллагь ва ла хIавла вала къуввата илла би Ллагь», - ин. (Бухари)

ГIабдуллагь ибну ХIубайбица бицун буго: «Цо нухалъ цIад балеб ва цIакъ бецIаб сордоялъ ниж ана Аллагьасул ﷻ Аварагасухъе ﷺ, нижеда цадахъ дугIа гьабизе, как базе. Нижеда гьев рокъовги ватана. Гьес нижеда абуна: «ЦIале», - абун. Амма дица щибго цIаличIо. Бичасул Расулас ﷺ нахъеги абуна: «ЦIале», - абун. Дица щибго цIаличIо. Лъабабизеги абуна Аварагас ﷺ: «ЦIале», - абун. Гьеб мехалъ дица цIехана: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, щиб дица цIалилеб?» - абун. Гьес ﷺ абуна: «Лъабго нухалъ радалги къасиги цIале «Ал-Ихлас», «Ал-Фалакъ» ва «Ан-Нас» сураби, гьел гIела дуе мун кинабго квешлъиялдаса рикIкIад гьавизе», - ян. (Абу Давуд)

Гьединго, къватIире рахъиндал цIунизелъун цIализе хириял руго Къуръаналдаса цо-цо аяталги, гьединаздасан ккола: «Ал-Ихлас», «Ал-Фалакъ» «Ан-Нас», «Залзалат» Аятул Курси гIадал машгьурал аятал, муридзабазе цIакъго беццараб буго имам Нававиясул хIизбу цIализеги.

ЦIаларалъул божилъиялда рукIин гуребги, жинцагоги хIаракат бахъизе ккола хIарамалда гъорлъе ккезе чIунгутIизе, ТIадегIанав Аллагь ﷻ даимго ракIалда чIезавизе, лъикIал ишазулъ гIахьаллъизе.

Аллагьас ﷻ цIунаги! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...