Аслияб гьумералде

Рамазаналда хаслъараб

Рамазаналда хаслъараб

Рамазаналда хаслъараб

Рамазан моцIалъ гьарулел гIамалазул цояб ккола таравихIазул какал рай. Гьел руго жал раялде кIвар кьезе кколел суннатул муакадал абулел какал. Гьезул гIуж щола боголил как бан хадуб, рогьалил какде щвезегIан.

 

 

Гьел руго кIи-кIи ракагIатккун разе рихьизарурал, 20 ракагIаталъул какал. Мажгитазда, жамагIатги бакIарун балелъул, гIадат билълъараб буго 8 ракагIат таравихIалъулги хадуб лъабго ракагIат витруялъулги балеб.

ТаравихIазул какал разе байбихьула имамас: «Ассалата жáмигIат» абиялдалъун. Имамас гьедин абун хадуб киназго цадахъ абула: «Лá хIавла ва лá къуввата иллá биллагь. Аллáгьумма салли гIалá МухIаммадин ва гIалá áли МухIаммадин ва саллим. Аллáгьума иннá насъалукал жанната ва нагIýзубика мина ннáр», - абун. Гьединги абун рахъуна тIоцебесеб кIиго ракагIат базе. Какие ният гьабула: «Дица ният гьабуна таравихIазул суннатаб как базе, имамасда хадуб», - абун.

Гьединаб хIалалда гьабула тIоцебесеб, лъабабилеб, щуабилеб, анкьабилеб ва ичIабилеб как бан хадубги.

КIиабилеб, ункъабилеб, анлъабилеб, микьабилеб ва анцIабилеб как бан хадуб киназго цадахъ лъаб-лъаб нухалъ абула: «СубхIáна ллáгьи вал хIамду лиллáгьи ва лá илáгьа илла ллáгьу ва ллáгьу акбар. СубхIáна ллáгьи гIадада халкъигьú ва ризáа нафсигьú ва зината гIаршигьú ва мидáда калиматúгьи», - абун. Гьедин лъабго нухалъ абидал имамас абула «Ассалата жáмигIат» - абун, цинги киназго цадахъ такрар гьабула тIоцере рехсарал азкарал: «Ла хIавла ва ла къуввата илла биллагь…», - абун ахиралде щвезегIан.

ТаравихIал ран лъугIидал хадур рала витруялъул ракагIаталги. Цинги киназго абула «СубхIáнал маликил къуддýс», «СубхIанá ллáгьил маликил къуддýс» ва «СуббýхIун къуддýс Раббул малáикати ва ррýхI. СубхIáна ман тIагIаззаза бил къудрати вал бакъáъ ва къагьгьарал гIибáда бил мавти вал фанáнъ. СубхIáна раббика раббил гIиззати гIаммá ясифýн ва салáмун гIалал мурсалúна вал хIамду лиллáгьи раббил гIаламин», - абун.

Ахиралда: «Аллагьумма инни агIузу биризака мин сахатIика ва бимугIафатика мин гIукъубатика ва бика минка ла ухIси санаан гIалайка анта кама аснайта гIала нафсика», - абураб дугIаги цIалула.

Аллагьас ﷻ тавпикъ гьабеги хирияб заман гIадада биччангутIизе!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...