Аслияб гьумералде

РацIцIалъиялъе бахъулеб…

РацIцIалъиялъе бахъулеб…

КигIан бокьичIониги гьале рамазан моцI рагIалде бакIарулеб буго. Аллагьас ﷻ къабул гьабеги щивасул гьаб моцIалъ гьабураб, кигIан дагьаб бугониги, гIамал. ТIадеялъулги гьелда дандчIвай гьабизе гIумруги батаги.

 

Рамазан моцIалъ гьабуралъе ахир лъолеб гIамаллъунин абуни ккола паризаяб закагIат-сахI бахъи.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца какги бай, паризаяб закагIат-сахIги кье. Нужерго напсазелъун гьабун тараб лъикIаб гIамал нужеда Аллагьасда ﷻ аскIоб батила…», - ян (суратул «Бакъара», 110 аят).

Ибну ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул расулас ﷺ кIалбиччаялъул закагIат парзлъун гьабуна бусурбабазул хIуразда, лагъазда, гIисиназда, чIахIиязда. Ва амруги гьабуна, гIидалъул какде гIадамал рахъиналде гьеб тIубазабеян», - абун. 

КIалбиччаялъул сахI бахъизе тIадаб гьечIо эбелалъул ургьиб бугеб лъимералдаса.

СахI бахъиялъул хIакъалъулъ аварагас ﷺ абун буго: «Рамазаналъул кIал зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб бан хутIун букIуна, кIалбиччаялъул сахI бахъизегIан», - абун (Макъдиси, ибну Шагьин).

ВакигI ибну ЖарахIидасан бицун буго: «Рамазан моцIалъе кIалбиччаялъул сахI, какие сагьвиллъиялъул сужда гIадаб жо буго. Сагьвиллъиялъул суждаялъ какил мукъсанлъи бацIцIунеб гIадин, сахI бахъиялъги кIалалъулъ ккараб мукъсанлъи бацIцIуна», - ян («ал-МажмугI»).

Аварагас ﷺ абухъе, кIалбиччаялъул сахI бахъи ккола кIалккураб заманалда лъугьараб къваригIел гьечIеб хабаралдаса рацIцIалъи. Гьелъ бацIцIуна бусурбанчиясдаса лъугьараб гIиси-бикъинаб мунагь. Жеги гьелъулъ буго мискин-пакъиразе тIагIам кьейги, Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазе шукру гьабиги.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...