Аслияб гьумералде

Шаввал моцIалъ кIал кквей

Шаввал моцIалъ кIал кквей

Шаввал моцI ккола хIежалъул лъабго моцIрол тIоцебесеб - шаввал, зулкъагIида, зулхIижа. ЗулхIижаялъул тIоцебесеб анцIго къоялда жаниб хIеж гьабизе байбихьаниги, шаввалалдаса байбихьун, хIежалъул заманлъун рикIкIуна.

Гьеб моцI байбихьаралдасаги муъминзабазул рес буго анлъго кIал ккун кIудияб кири хIасул гьабизе. Гьеб анлъабго кIал кквеялъул кIваралъул живго аварагасги ﷺ бицана: «Рамазан моцIалъул кIалазда хадуб шаввалалъул анлъго кIал ккурав чи сахаб соналъ кIал ккурасда релълъуна», - ян. (АхIмад)

Рамалияс «Нигьаятул МухIтажалда» хъвалеб буго: «Шаввал моцIалъ анлъго кIал кквезе суннатаб буго, кьучIаб хIадисалда аварагасги абуна: «Рамазан моцIалъ кIал ккун хадуб шаввал моцIалъ анлъго кIал ккурасе сахаб гIумруялъ кIал ккурабгIанасеб кири букIуна», - ян.

Шабрамаллисияс цебе бицаралъул баян гьабун абуна: «Гьелъул магIна ккола, сахаб гIумруялъ кIалал ккурабгIан кири гьесие щолин щибаб санайил рамазан моцIалъ киналго кIалалги ккун ва хадуб анлъго шаввалалъул кIалги ккунани. Амма гьединаб кири щоларо чанго соналъ, масала, тIатIала гьедин шаввалалъул анлъго кIалги ккун ва хадуб чанго соналъ кквечIого тарасе. Рамазан моцIалъ ва шаввалалъул анлъго къоялъ гьес кIал ккун батани, тIубараб соналъ кIал ккурабгIанасеб кири гьесие щола. Амма рамазан моцIалъ киналго кIалал ккун, шаввал моцIалъул кIалал кквечIого тани, гьесие анцIго моцIалъ кIал ккурабгIанасеб кири щола», - ян.

Рамалияс хъвалеб буго: «Шаввал моцIалъул гьел кIалал цоцада хадур кквечIого, моцIрол болжалалда жаниб ккун рахъинаруни, суннат тIубаравлъун гьев вукIуна. Амма гIидалъул къоялдаса хадуб гьел кIалал кквей хирияб буго», - ян. Шаввал моцIалъ анлъго кIал кквеялъул хIикмат, Аллагьас ﷻ тIадлъурал цогидал суннатал гIибадатазул хIикматазул мисалалда буго. Ратибат-каказ паризаял каказулъ ккарал гъалатIал рацIцIунелго гIадин, шаввал моцIалъ анлъго кIал кквеялъ тIубараб рамазан моцIалъул кIалазулъ ккарал гъалатIалги рацIцIуна.

Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...