Аслияб гьумералде

Хасал чагIаз гIибадат гьабулеб заман

Хасал чагIаз гIибадат гьабулеб заман

Сардилъ рахъун гIибадат гьаби буго аварагас ﷺ жинда тIадчIей гьабулеб букIараб гIамал. ГIаишатица бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ сардилъ вахъун какал ралаан, гIибадат гьабулаан, хIатта хIатIал гьорозегIан. Цо нухалъ дица гьесда абуна: «Я, Аллагьасул ﷻ расул, Аллагьас ﷻ дуе цере аралги, нахъа рачIине ругелги мунагьалги чурун рукIаго, щай дуца гьедигIан цIакъ бахъи гьабулеб?» - абун. Жаваб гьабун аварагас ﷺ абуна: «Дун щукру гьабулев лагълъун вукIине ккеларищ?» - ан.

«Музамил» сураялъул ахиралда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Дур БетIергьанасда лъала, ва гьав МухIаммад авараг, мун тагьажудалъул какал разе сардил кIиго бутIаялдаса дагьаб къадаралъ, бащадаб сордоялъги, сардил лъабил бутIаялъги тIаде вахъуневлъи.

(ЦохIо къагIидаялда гурев, цо нухалда – бащдаб сордоялъ, цоги нухалда – сардил лъабил бутIаялъ, цоги нухалда – сардил кIиго бутIаялдаса дагьаб къадаралъ).

Гьединго лъала дур БетIергьанасда дуда цадахъ дуде иман лъурал асхIабзабазул цо-цоялги рахъунеллъи. Сордоги къоги цоялъулъе лъугьине гьабулев дур БетIергьанасда лъала, Авараг, Жинца чIезеги гьарула сардил сагIатазул къадар (гьелъие хIалкIвей бугев цогидав гьечIо) …», - ян.

Сардилъ гIибадаталъе рахъин буго жиндилъ ихлас камиллъулеб мех. Щайин абуни, къад заманалда кинниги сардилъ вахъун чияс гIамал гьабулелъул, гьев гIемер чиясда вихьуларо. Ибну МасгIудидасан бицараб хIадисалда буго: «Къад бараб какалдаса сардилъ бараб какил хиралъи, бихьун кьураб садакъаялдаса балъго кьуралъул хиралъиялда релълъун буго», - ян.

Аллагьасе ﷻ гIоло инсанас напсалдехун цIакъ бахъи гьабидал, Аллагьас ﷻ гьев щулияб, къуватаб нухде тIовитIула ва даражаялдеги вахинавула.

Сардилъ рахъун гIибадат гьаби буго Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарал чагIазул гIамал. Гьеб гIужалъ хIакъикъиял муъминзаби БетIергьанасдехун руссун, Гьесде ﷻ гIицIлъун жидер хIажатал Гьесде раккизарун рукIуна, гьединаб хIалалъулъ гьезул гьари Аллагьас ﷻ жаваб гьабиялдаса нахъги чIваларо. Гьеб бугелъул гIицIго Гьесда ﷻ гьарун, Гьесде ﷻ лагъзал руссараб заман. Салафуназул сардилъ рахъиналъул бицунаго, ХIасанул Басрияс абуна: «ГIибадат гьабулелъул сардилъ тIаде рахъиналдаса кутакаб жо дида щибго батичIо», - ян.

Цогидал кьижараб заманалда тIаде рахъун гIибадат гьаби бигьаяб иш гуро, чи кIвахIаллъула, напсалъе бокьуларо, амма гьелда ругьунлъарасул черх абула хадусеб къоялде букIунин ракI чIаголъараб, иман цIилъараб, къаркъала чIурканаблъунин. Напс куцазе квербакъиялъеги сардилъ тIаде рахъун дагьабгIаги гIамал-гIибадат гьаби буго бищунго лъикIаб.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...