Аслияб гьумералде

Чияр гьан кванаге

Чияр гьан кванаге

Гъибат-бугьтан гьаби исламалда кIудияб мунагь ккола. Хирияб Къуръаналда гьединав чи релълъинавулев вуго хварав чиясул гьан кваналесда. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Ле, гIадамал, нужер биги, мал-мулкги, намусги хирияб ва хвезабизе бегьулареб жо ккола», - ян (Муслим).

 

Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Я, мац1алда иман бугел, амма рекIелъ гьеч1ел, гъибат гьабуге, жасуслъи гьабуге, жиндирго вацасул ц1ар хвезабизелъун жасуслъи гьабурав чиясе Аллагьас I жасуслъи гьабулеб бугелъул, Аллагьас I жасуслъи гьабулев чи инжит гьавизе вуго», - ян (Имам Давуд).

Гъибат ккола цогидав чиясул хIакъалъулъ гьев вугеб бакIалда рехсезе гьесие бокьулареб жо. Масала, гьев вугеб бакIалда жиндирго сипат-сураталъул яги хьвада-ч1вадиялъул бицунев чи гьесие бокьулареблъунги букIун, гьев гьеч1еб мехалъги бицараб жо гъибатлъун рикIкIуна.

Цо къоялъ Хирияв Аварагас ﷺ асхIабзабазда гьикъана: «Нужеда лъалищ гъибат гьаби щиб жояли?» Гьез абуна: «ТIадегIанав Аллагьасдаги гьесул Расуласдаги лъикI лъала», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб ккола дуца дурго вац гьесие бокьулареб жоялдалъун рехсей». ГIадамаз гьикъана: «Нижеца бицунелда релълъарав вац вугони, щибха букIунеб?» Гьес ﷺ абуна: «Нужеца бицунеб жоялда релълъарав гьев вугони, гъибат гьабулеб буго, гьединав гьеч1они, бугьтан лъолеб буго», - ян. (Муслим)

Гьединго гъибат ккола цогидав чи хIакъир гьави: рагIудалъун, ишараялдалъун, хъвай-хъвагIаялдалъун. Гъибат рагIарав, гьеб нахъч1вазе хIаракат бахъич1ев чи ккола гъибаталъулъ гIахьалчи.

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ ццим бахъунезда гъорлъ рукIинч1ого рукIине ккани, гъибат ч1езабизе ккола, ялъуни бицунеб хабар цогидаб рахъалдехун хисизабизе, яги гьеб бакI тезе ккола. Гьеб буго бусурбанчиясда тIадаб борч.

Гъибат гьабиялъе сабаблъун бокьараб жо ккезе рес буго. Масала, ццим бахъинабуни чияс байбихьизе бегьула лъилниги хIакъалъулъ гъибат гьабизе. Гьединго инсанасда кIола лъилгун бугониги хъачагълъи гьабизе, гьесул дандиял жиндехунго ц1азе. Цоги гIиллалъун ккола хъачагълъиялъе чияр бициналдалъун живго тасдикъ гьави. Цояс цогидав чиясул хIакъалъулъ харбал рицине бегьула, живго лъикIаб рахъалдасан вихьизавизе. ГьабсагIаталда, талихIкъосинха, гIадамаз цогидазул хIакъалъулъ гъибат гьабула махсара хIисабалдаги.

Гъибат-бугьтан гьабулев чиясда лъазе ккола тIибитIизабиялдалъун жив Аллагьасул ﷻ ццим бахъиналде гъоркье кколевлъи, жинца гьабураб лъикIаб гIамал гъибат гьабуразе бикьулеблъи. Гьесул лъикIал гIамалал хутIич1они, гьес гъибат гьабуразул квешал ишал жиндиего росула. Аллагьас ﷻ ц1унаги!

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...