Аслияб гьумералде

Авараг макьилъ вихьулищ?

Авараг макьилъ вихьулищ?

Авараг макьилъ вихьулищ?

Инсанасда рихьула батIи-батIиял макьаби. Хасго ракI бохизабулеллъун рукIуна рокьулел чагIи, гIага-божарал ялъуни вализабигун шайихзаби рихьани. Амма бищун лъикIаб, щивасул жиб бихьиялде хьулги букIунебин абуни ккола халкъалъул хирияв МухIаммад авараг ﷺ макьилъ вихьи.

ГIалимзабаз абун буго гьединаб макьу бихьи букIунин чиясулъ иман букIиналъул гIаламат ва холелъулги исламалда рухI босиялъе хIужа.

Аллагьасул расулас ﷺ абун буго: «Щив чи вугониги дун макьилъ вихьун, гьес халгьабе дун r унго-унгоги вихьарав гIадин. Щайин абуни, шайтIаналда (иблис) кIоларо дир сипат гьабизе», - ян. Гьединго аварагас ﷺ абун буго: «Дун макьилъ вихьарав чи киданиги жужахIалде кколаро», - ян.

Ибну ХIажарица «СахIихIул Бухариялда» тIад гьабураб жиндир тIехьалда, «Дун макьилъ вихьарав щив чи вугони, гьесда дун унго-унгоги вихьила», - ян абураб хIадисалъе рехсолел руго батIи-батIиял пикраби. Амма бищун хIакъаб, бичIчIизе кколеб пикру бугин рехсолеб буго, «Кинаб сипаталда авараг вихьаниги, гьеб битIараб буго. Гьеб макьуги Аллагьасдасан буго», - ян. Гьеб пикру битIараб бугин абураздасан вуго Къази Абу-Бакр ТIайиб гIадал бергьарал гIалимзабиги.

Авараг ﷺ макьилъ вихьула ракIбацIцIадав, мунагьлъун лъугьине бегьулел гIадал пикраби ботIролъего рачIунарев ва гьел гIамалал гьаруларев чиясда. Авараг ﷺ макьилъ вихьи мурадлъун кквеялдаса лъикIаб буго сундулъго гьесда ﷺ нахърилъине ва гьес r динлъун тараб Исламияб шаригIат цIунизе цIакъ бахъизе. Гьесдехун ﷺ рокьи бижизабулеб ва гьес r таралда гIамал гьабизе кумек гьабулелдасан буго гIемер салават битIиги. Аварагасде ﷺ салават битIиялдалъун нилъеде БетIергьанасул ﷻ амруги буго. Живго аварагасги r абун буго: «Даражаялъул рахъалъ диде ﷺ цIикIкIун гIагарал нужер гIемер салават битIулел руго», - ян (Тирмизи).

Инсанасул тIабигIат буго жинца гIемер гьабулеб жо макьилъ бихьулеб. Гьединлъидал, къойида жаниб чиясул рекIелъ аварагасдехун ﷺ рокьи, бухьен ва гьесде ﷺ салават гIемер битIи бугони, макьилъ гьев вихьиялдеги кIудияб хьул буго. Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе гьесдехун ﷺ рокьи ва гIемер макьилъ цеве вачIин! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...