Аслияб гьумералде

«Джума мубарак!»

«Джума мубарак!»

«Джума мубарак!»

Гьал рагIаби руго рузманкъо баркун щивас цоцазда абулел, телефоналдасан ахIулел, социалиял гьиназда батIи-батIиял суратал лъун цоцазухъе ритIулел. Гьал рагIабазул магIнаги буго рузманкъо баракатаб батагиян абураб. Рузман къоги байбихьула хамиз къоялъул бакъ тIерхьаралдаса ва лъугIула рузман къоялъул бакъ тIерхьиндал. Гьелъ буго хамиз къоялъул сордоги хириял гIужазда гьоркьоб рехсон.

 

Гьеб заманалда гьоркьоб Аллагьас ﷻ гьабун буго бусурбабазе хирияб заман, жиндилъ гьарараб жо нахъги чIвалареб, амма тIубараб сордо-къого гIамал-гIибадаталда тIобитIизелъун гьеб гIуж балъгоги гьабун буго. Гьеб сордо-къоялъ хирияб буго лъикIал гIамалал гьаризе, садакъа-хайрат кьезе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гIагарлъиялъухъе, хасго эбел-инсухъе щвезе ине, хваразухъе зиярат гьабизе, лъимал-хъизаназе квен-тIех хIадуризе, сайгъатал кьезе. ХIадисалда бугелъул: «Рузман къоялъ гьабураб гIамалалъул кири кIиго нухалда цIикIкIуна», - ян абун (ибну Абу Шайба).

Чанго хIадис рехсеялдалъун, бицен гьабизе бокьун буго, рузманалъул какде хехго иналъул. «ИгIанату тIалибин» абураб тIехьалда хъван буго: «Рузманалъул как балеб бакIалде рачIунелъул суннатаб буго халатаб нухдасан, рилълъанхъун, гIодоре риччан, хIажат гьечIелде балагьичIого рачIине. РачIунелъулги, кватIулел ратараб мехалъ хутIун, хехаб рилълъин гьабиларо. ТIадруссунелъул, цогидаб, къокъаб нухдаса рачIине», - ян.

Аварагас ﷺ хIадисалда буго: «Рузман къоялъ цудунго вахъун (суннатаб) черх чуриги гьабун, лъелго рузманалде ун, щибго хIажат гьечIеб каламги гьабичIого, хутIбаялъухъги гIенеккун как барав чиясе, мажгиталде вачIунаго бахъараб щибаб гали рикIкIун лъагIалица кIалги ккураб какалги рараб гIадаб кири щвела», - ян (Абу Давуд, Тирмизи).

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Рузман къоялъ щибаб мажгиталъул нуцIихъ чIола малаикзаби ва байбихьула рачIиналъул тартиб цIунун иргаялда щивасул цIарал гIамалал хъвалел тIахьазде росизе. Гьединлъидал, бищун хехго рачIаразе бихьизабула варани къурбаналъе хъураб гIадаб кири, гьезда хадур рачIаразе - гIака, гьездаги хадур рачIаразе - куй, цинги рачIаразе - гIанкIу, хадусезе - хоно кьураб гIадаб кири. ХутIба байбихьизе имам минбаралде вахиндал, гьез жидехъ рукIарал тIанчал дандекъала ва гьесухъ гIенеккизе уна», - ян (Муслим).

Гьединлъидал, щивас пикру гьабе (рузманалъул как бан парз тIаса ккей гуреб) кинаб кири жиндие гьениве вачIиналдалъун хIасуллъизехъин бугебали?!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...