Аслияб гьумералде

ЦIикIкIун кье, Аллагь ﷻ!

ЦIикIкIун кье, Аллагь ﷻ!

 

Аллагьас ﷻ рамазан моцIалъ кIалкквей тIад гьабуна аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб кIиабилеб соналъул шагIбан моцIалъ. КIал кквеялдеги БетIергьанас ﷻ бусурбаби, ислам тIибитIулеб заманалда, дагь-дагьккун рачана. Щайгурелъул, кIалкквей буго инсанасул напсалъе цIакъ захIматаб, жиндирго шагьваталдаса нахъчIвалеб ва ругьунаб ишалдаса тIезавулеб жо.

 

КIал кквеялъ чиясулъ куцала сабру, къвакIи, кьураб къотIи тIубай. Инсанасулъ цIикIкIинабула гурхIел. Дагьаб заманалъгIаги ракъиги къечги лъарасда ракIалде щола мискин-пакъир, даимго хIажалъиялда ругел гIадамал. Гьезул хIал бичIчIидал, гьезие бажарараб кумек гьабизе хIаракатги бахъула.

Камилаб кIалкквей букIунаро гIицIго ракъи ва къеч хIехьеялдалъун. КъваригIуна жанисанги тIасанги хьул лъолеб жоялдаса цIуни. КIалкквей буго напс квегъи, чороклъиялдаса ракI бацIцIад гьаби, нилъер рижиналдасаго аслияб мурад – Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялде, Гьесие ﷻ гIибадат гьабиялде рачин. БетIергьанас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьедин гIибадат гьабуни нуж Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи бугеллъун лъугьина», - ян (суратул «Бакъара», 21 аят).

Аллагьас ﷻ тIаде босун буго кIал ккуразе цIикIкIинабун кири хъвазеги. Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда буго: «Адамил лъимералъул цо лъикIаб гIамал анцIгоялде ва жеги анкьнусгоялде щвезегIан бахинабун хъвала», - ян. КIалкквеялъул хIакъалъулъ Аллагьас ﷻ абун буго: «КIалкквей Дие ﷻ буго. Гьелъие жазаъги Дицаго ﷻ гьабила», - ян.

Рамазан буго сабруялъул моцI, сабруялъухъ щолеб кириги алжан буго. Гьаб буго цоцазе хIалай рахъиналъул, хIажатазул мурадал тIураялъул моцI. Гьаб моцIалда жаниб кIал биччазе нигIмат кьурасеги щола кIал ккурасего гIадаб кири. Гьаб буго жиндир авал рахIматлъун, бакьулъ бакI - мунагьал чурилъун, ахир - жужахIалдаса тархъилъун бугеб моцI. Гьалъулъ алжаналъул каваби рагьула, жужахIалъулал къала. ДугIа-алхIамалъе жаваб щола, ракIал цолъула, вацлъи щулалъула, рахIматал рещтIуна.

Я Аллагь ﷻ! Дуца нижее насиб гьабе гьаб моцIалъулъ гIибадаталда заман тIобитIи, кIиябго рукъалъул талихI батулелда гIамал гьаби! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...