Аслияб гьумералде

Хайир бугеб гIамал

Хайир бугеб гIамал

РитIухълъи ккола чиясул гIаданлъи, гьесул берцинаб гIамал. РитIухълъи, даражаялъул рахъалъ, авараглъиялда хадусеб бакIалде бачIуна. ГьедигIан кIвар бугеб жо ккола ритIухълъи. Гьелъул бищун дагьаб жоги ккола инсан цого хIалалда вукIин. Абулебги гьабулебги жо данде ккезе ккола. РитIухъав чиясе ургъел букIунаро гIадамазул харбил. РитIухъав чиясе бокьуларо жиндирго гIамал гIадамазда лъазеги. Гьесул ццим бахъунаро, гьезда гьесул кинаб букIаниги гIайиб бихьанин абун.

 

Имам Жунайдица абуна: «РитIухълъи ккола гьереси бицинчӀого мунго хвасар гьавизе кӀолареб мехалъги хӀакъикъат бицине бажари. Ахир-къадги гьереси шаргӀалъ нахъчӀвала ва инсанасул тӀабигӀаталъ какула», - ян.

ХӀакъикъаталдаги мацӀ ккола къиматаб жо, инсанасул къадру, гьес мацӀ битIараб жоялде гьетIизабуни, гьесие щола адаб-хӀурмат. Гьелъул къимат бичIчIизе гIела Аварагасул ﷺ гьал рагӀаби: «Дуца щаклъи бугеб жо рехун те. РитIухълъи ракӀалъе парахалъи буго, гьересиялъ щаклъи бижизабула», - ян абурал.

Аварагас ﷺ абуна: «РитIухълъиялъ лъикӀлъиялде ахӀула ва лъикӀлъиялъ Алжаналде рачуна. Гьерсица хъублъиялде ахӀула ва хъублъиялъ жужахӀалъул цӀаялде рачуна», - ян.

Лукъманул ХӀакимида гьикъула: «Кин мун гьеб даражаялде вахарав», - абун. Гьес жаваб кьола: «БитIараб калам гьабиялъ ва дидего кколареб жо рехун теялъ», - ян.

ГӀалимзабазул пикру буго нафсалъул хвасарлъи ритIухълъиялда букӀиналда, гьелъ инсанасде тӀаде захӀмалъаби, цо-цо мехалъ гIазаб тIаде цIаниги. РитIухълъиялъ, кив вугониги, пайда гурони кьоларо. Базарганас гьереси бицун жиндирго къайи бичани, гьев мекъи ккола. АсхӀабзабаз абулаан: «РитIухъав базарган мискинлъизе гьечӀо», - ян.

Аварагас ﷺ лъазабуна гьерсидаса цIунеян ва бичӀчӀизабуна бусурбанчиясул гӀемерал гӀайибиял рукӀине бегьулин, амма гьереси бицине бегьуларин абун. ХӀакълъунго, бусурбанчияс гьереси бицунаро.

Абу Дардаица гьикъана: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, муъминчияс бикъизе рес бугищ?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Рес буго», - ян. Цинги Абу Дардаица нахъеги гьикъана: «Муъминчияс зина гьабизе рес бугищ?» - ян. Аварагас ﷺ абуна рес бугин. АсхӀабас гьикъана: «Муъминчияс гьереси бицине бегьулищ?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Гьереси бицунесул хIакъикъияб иман букIунаро», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...