Аслияб гьумералде

Ибрагьим авараг цIадаве рехиялъул хIикмат

Ибрагьим авараг цIадаве рехиялъул хIикмат

ГIемерал аварагзаби ТIаде-гIанав Аллагьас ﷻ ритIана хасаб бакIалде, хасаб халкъалъухъе. ХIатта ккана аварагзабазе гIакъуба кьураб къавмги ва гьел чIваралги. Масала, ЯхIъя авараг гъотIода жанив вахчидал, гьеб хъухъан рехана.

 

Аварагзабаз къавмал ахIулел рукIана ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизе. Гьез гьезухъа боцIи-мал, рукъзал рахъулел рукIинчIо. Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизе ахIунилан абун, гьез аварагзабазе, Аллагьас ﷻ ритIарал чапарзабазе гIакъуба кьуна. ГIемерисел къавмал гьалаглъана гьеб сабаблъун. Масала, СалихI аварагас Самуд къавм Аллагь ﷻ цо гьавиялде ахIана. Гьел гIумру гьабун рукIана ХIижазалъул шималияб рахъалда. Гьеб къавм Аллагьас ﷻ тIубанго гьалаг гьабуна гьезул мунагьал гIемерлъиялъе ва шаригIат цIунунгутIиялъе гIоло. СалихIица гьезда мугIжизатги бихьизабуна кьурулъан варани бачIинабеян гьаридал. Гьеб къавм букIана кутакалда къуват бугел. Гьез бокьараб кьурулъ рукъзал гьарулаан. Гьез варани чIвайдал, Аллагьас ﷻ гьел гьалаг гьаруна.

Ибрагьим аварагги витIун вукIана хасаб къавмалъухъе. Гьеб заманалда гIемерисеб ракьалъул ханлъун вукIана Намруз. Гьесда ккана жив кутакав чи вугин, хIатта жиндие лагълъи гьабизе ахIулел рукIана гIадамал. Гьезул хъанчал Ибрагьим аварагас гъуридал, гьез гIайибиявлъун гьавуна гьев. Цинги гьев вухIизе цIулал гохI гьабуна. Ибрагьим авараг цIадулъе рехидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб гьогьомараблъун гьабуна. ЖабрагIил малаик вачIун, гьес абуна кумек гьарейин абун. Ибрагьим аварагас абуна жинца Аллагьасда гурони гьаруларин ва цинги Ибрагьим аварагас Аллагьасдасан кумек гьарана ва гьевги хвасарлъана.

Гьеб лъугьа-бахъиналда жаниб кIудияб хIикмат буго. Аллагьасе ﷻ бокьана малаикзабазда бихьизабизе Жинца авараг вижулелъул гьез абурал рагIабазе жаваб. Жинца ракьалда халип вижизе вугин Аллагьас ﷻ абидал, малаикзабаз абула: «Дунялалда пасалъи гьабулел ва би тIолел гIадамалищ рижулел», - ян гьез абидал, Ибрагьим авараг цIадулъе рехи ва Аллагьасдасан гурони кумек тIалаб гьабунгутIи букIана гьезие гьел рагIабазе бугеб жаваблъун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...