Аслияб гьумералде

Чи холелъул...

Чи холелъул...

Чи холелъул...

 

Пуланав чиясул хвалде гlагарлъиялъул гlаламатал загьирлъидал, суннатаб буго гьумерги къиблаялъул рахъалде буссинабун, хьибилалде вегизавизе. Квараналде рес рекъечlони, квегlалде вегизавила, гьединги рес рекъечlони, гьумерги гъоркьа хlатlалги къиблаялде руссинарун, мугъалда вегизавила. Гьединго лъикIаб буго «Ла илагьа иллаллагь» абураб калима малъизе, балугълъичlев вугониги, гьеб ракlалдеги щун, абизе букlине.

 

Аварагас ﷺ абуна: «Холезда аскlор ругез гьезда «Ла илагьа иллаллагь» малъе, алжаналъул рохелги бице. ХIалимавцин гьаб бакlалда хlайранлъула, шайтlанги Адамил лъимаде бищунго гlагараб гьаб бакlалда букlуна. Дир нафс кодосев Аллагьасхlаги, цохlо Малакул-мавт вихьи кутакаб буго азарго нухалъ хвалчен кьабиялдаса. Дир нафс кодосев Аллагьасхlаги, лагъасул рухl бахъуларо, жиндир щибаб лагаялда батlа-батlаго унтичlого», - ян.

«Ла илагьа иллаллагь» абураб калима малъулев чи унтарасде тушманлъиги хlасадги гьечlев ирсилав гурев вукlине лъикIаб буго. Гьебги унтарасда «гьесие дун хехго хвезе къваригlун бугин» абун ракlалде ккеларедухъ. Амма ирсилал гурел гьечlони, гьезул бищун гурхlулес малъила. Гьеб малъила гурхlалида, берцинго, дуца абеян абичlого, унтарасе гьелдалъун зарал ккечlого букlине. Малъулелъул гlемерго тlадчlейги гьабиларо. Цоцlул малъун гьес абуни, тlокlаб малъиларо, гьес цогидаб калам гьабичlони. Аварагас ﷺ абуна: «Хlакълъунго жиндир ахирисеб калам «Ла илагьа иллаллагь» бугев алжаналде лъугьуна», - ян.

Жеги лъикIаб буго хвел гIагарлъарасда лъим гьекъезабизе. Рухl бахъиялъул захlмалъиялъ кутакаб къеч бергьуна, цинги шайтlаналъ къосинавиялда хlинкъи букlуна. Хlадисалда бачlана: «ШайтIан бацlцlадаб, тlокlкlараб лъимгун бачlуна ва жинцаги абула, дуца абейин «дун гуреб лагълъи гьабизе кколеб жо гьечlин», дица дуе лъим кьезе», - ян. Рухl бахъулесул лъеде хlажалъи загьирлъичlониги суннатаб буго гьесие лъим кьезе, амма загьирлъани, тlадаб буго.

Гьединго суннатаб буго тlатун суратул «Ясин» ва балъго сурату «Ррагlд» цIализе. «Ясин» цlалиялъул хlикмат ккола гьелъулъ бицунеб бугеб къиямасеб къоялъул, тlаде рахъиналъул ахlвал-хlал ракlалде щвезаби. «Рагlд» цlалиялъул хlикмат буго гьелъ рухl бахъи бигьа гьабулеб букIин. Гьединго рухIбахъи бигьа гьабула сивак бахъиялъги.

Гьеб кlиялъулго хlакъалъулъ бачlана: гьесда аскlоб гьеб цlалани, къеч хьваравлъун хвелин ва хабалъеги лъугьинин абун. Цоялда къокълъун чlолев вугони, магlна бичlчlулесда аскlоб «Ясин», бичlчlуларесда аскlоб «Рагlд» цlалила.

Хlадисалда бачlана: «Жибрил вачlунила Мухlаммадил ﷺ умматалдаса какичуриялда хварав чиясда аскlове», - ян. Гьединлъидал унтарасги гьесда аскlор ругезги хIаракат бахъила какичуриялда рукlине.

 

Жабир Мажидов

 

 

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Алжаналда рукIунел хIурулгIинзаби

Руччабазул гӀемер гьикъулеб суал буго Алжаналда рукIунел хIурулгIинзабазул хӀа-къалъулъ. ГӀемерисезе бокьуларо росас цоги лъади ячине, ахираталда гьесие щвезе рес бугей хIурулгIин гьей ятанигицин. Кинниги Аллагь гIадилав вуго.   РитӀухъаб гӀумру гьабурал, БетIергьан разияб хIалалъ хьвадарал...


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...