Аслияб гьумералде

Меседалдасаги багьа къиматаб

Меседалдасаги багьа къиматаб

Меседалдасаги багьа къиматаб

Адаб буго инсанасул чилъи бихьизабулеб жо. Адаб ккола инсан Аллагьасда ﷻ цеве тIадегIан гьавулеб жоги. Адаб теялъ гIодовеги вортизавула. Адабалъул рагIа-ракьанде щвей ккола жиндасаго нечей. Щайгурелъул, Аллагьасда ﷻ гьев вихьулев вугелъул.

Нилъеца гIемераб жо тIалаб гьабула дунялалъул рокъоб. Амма тIалаб гьабуларо яхI-намус, адаб-хIурмат гIадинал хасиятал. Исламалъул ункъабилев халифас абуна: «Адаб тIалаб гьаби, месед тIалаб гьабиялдасаги рекъараб буго», - ян.

ГIали-асхIабас абуна: «ГIадамазе имамлъун чIарав чияс цин жиндирго напсалда малъе цогидазда малъилалде. Гьесул тIоцебесеб гIамалги букIине ккола адабалда адаб малъулеб куцалда», - ян.

ГIадамазе вагIза гьабизе ккола ихласгун. Гьелъулъ буго Аллагьасул ﷻ рахъалдасан къабуллъи ва гIадамазул рекIелъе борти. Амма гьезда бихьани, бицунеб цо, гьабулеб цогидаб, гьез къабул гьабуларо вагIза-насихIат.

МугIавият Абу Суфьяница абуна: «Язихъав ккола адаб гьечIев чи», - ян.

ГIабдуллагь ибну Мубаракица абуна: «ТIаса-масаго адаб толев чи суннаталдаса махIрумлъула. Суннаталда кIарчанлъи гьабурав чи парзалдаса махIрумлъула. Цинги парзалъе кIарчанлъи гьабурав магIрифаталдаса, ай Аллагь лъаялдаса, махIрумлъула», – ян.

Ибну Мубаракица абуна: «Нилъ дагьабго адабалде хIажатал руго гIемераб гIелмуялдаса», - ян.

ТIагIат гьабиялдаги адабгун цадахъ гьабиялдаги гьоркьоб батIалъиги буго. Абу ГIали Дакъакъица абуна: «Аллагьасе ﷻ тIагIат гьабун щола лагъ алжаналде. ТIагIат адабалда гьабуни, Аллагьасухъе вачуна», - ян.

Нилъеца гIемераб салават битIула. Гьелъиеги буго бихьизабураб адаб. Салават цIалулаго пикру гьабила аварагасда ﷺ цеве вугев гIадин, гьесул къадру-къиматги бичIчIун. Гьев ккола такъваялде нуцIалъун ва мунагь гьабуразе шафигIги.

Адаб гьечIев ватани, вуцIцIун чIеялдагIаги тIадчIей гьабейиланги абула.

Адаб ккола щибаб ахIвал-хIалалъулъ ва пишаялъулъ лъикIлъиялде рачунеб аслулъун.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...