Аслияб гьумералде

Гьабурасул гьабураб

Гьабурасул гьабураб

Гьабурасул гьабураб

ГIазибил вас Бараидасан бицана: «Цо къоялъ авараггун ﷺ цадахъ ансариясдаса жаназаялъул как базелъун къватIире рахъана. Жеги бухъичIеб хабада аскIоре щвана ниж. Авараг ﷺ гIодов чIана ва нижги гьев сверун гIодор чIана. БотIрода тIад хIанчIи чIун ругелгIанги сихIкъотIун, рагъа-рачаричIого чIун рукIана ниж.

Гьесухъ ﷺ кодоб тIил букIана ракьалда мухъал цIалеб. Аварагас ﷺ бетIер борхана ва 2-3 нухалъ абуна: «Хабал гIазабалдаса Аллагьасда цIуни гьарула», - ян. Хадубги аварагас ﷺ абуна: «Муъминчияс гьаб дунял толаго, гьесухъе бакъ гIадин гвангъарал гьурмалгун, алжаналъул махI чIвараб миск ва мусруги босун малаикзаби рачIуна. Цинги вачIуна ГIизраил малаик ва гьесул ботIрода аскIов гIодовги чIун гьес абула: «Ле, гIодобе биччараб нафс, Аллагь ﷻ лъаялде ва Гьесул ﷻ разилъиялде мун бачIа», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «ЦIарагIалдасан лъел къатIра тIинкIулеб гIадин гьеб рухIги черхалдаса къватIибе бачIуна. Бер къапилалде малаикзабаз гьеб рухI мусруялъуб жемула. Гьелдаса берцинаб махIги бачIунеб букIуна. Хадуб малаикзабаз гьеб рухI зобалазде бачуна. Унаго дандчIварал малаикзабаз хIайралъун гьикъула: «Гьаб рухIалъул берцинлъиго щиб? Лъил рухI гьеб?» - илан. Бищун берцинал цIарал кьун малаикзабаз гьезул суалалъе жаваб гьабула: «Гьаб рухI буго пуланав чиясул васасул», - абун. Гьеб рухIги босун дунялалъул зобалаздеги рахун, гьелъие каваби рагьизе изну тIалаб гьабула. Каваби рагьула ва гьенирги малаикзабаз гьелда дандчIвай гьабула. Гьеб куцалъ анкьабилеб зобалазде щвезегIан гьел рахуна. Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Иман лъурал гIадамазул гIамал хъвалеб тIанчида хъвай гьесул гIамалал. Дица гьел (гIадамал) ракьалдасан гьаруна ва ракьулъа рахъинеги гьаризе руго», - ян. Цинги рухI букIаралъубе, черхалде жанибе нахъбуссинабула, ва гьесда рагIула гьев вукъулел рукIарал гIадамазул лъалкIазул гьаракь. КIиго малаик вачIун гьикъула: «Дур БетIергьан щив?» - илан. Гьес жаваб гьабула: «Дир БетIергьан Аллагь ﷻ вуго», - ян. Цинги гьикъула: «Дур дин щиб?» - абун. «Дир дин Ислам буго», - ян жаваб гьабула. «Нужехъе витIарав чиясде щиб нужеца абулеб?» - илан гьикъидал, муъминчияс жаваб гьабула: «Гьев вуго Бичасул Расул, МухIаммад авараг ﷺ», - илан. Малаикзабаз гьикъула: «Дуда кин лъараб?», - ян. Гьес жаваб гьабула: «Дица Аллагьасул ﷻ тIехь цIалана, гьелда иман лъуна ва къабул гьабуна», - ян. Цинги зодосан бахъараб гьаркьица абула: «Дуца битIараб бицана. Алжаналъуса босен тIаме ва ретIел ретIе гьесда. Алжаналъубе нуцIаги рагье гьесие», - ян. Гьеб нуцIихъан гьесие берцинаб махI ва пуй бачIуна ва хобги гьесие гIатIилъула. Цинги гьесухъе вачIуна гвангъараб гьумералъул ва берцинаб махI бугев цо чи. Муъминчияс мун щивилан гьикъидал, гьес абула: «Дун вуго дур лъикIаб гIамал», - илан. Цинги муъминчияс гьарула: «Я, дир Аллагь ﷻ, Къиямасеб къо гIагар гьабе лъималазухъе ва дир кумекчагIазухъе дун вуссине вукIине», - ян.

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...