Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ разилъи

Аварагасул ﷺ разилъи

Аварагасул ﷺ разилъи

Абу-Заридасан бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Диналъул вацасул гьурмаде дуца гьими бачIинабиги садакъа буго», - ян (Тирмизи).

 

Ибну ХIибаница рехсараб цогидаб хIадисалда буго: «(ШаригIаталъ) бегьизабурал жалазул, гьимараб гьумергун диналъул вацасда дандчIвай гьаби батанигицин, цонигиялъул кIвар гьабичIого тоге», - ян (Муслим).  

Диналъул вацасул рекIелъе рохел лъугьинаби, гьурмаде гьими рехизаби кутакалда беццараб, лъикIаб хасияталдасан буго. Аллагьасдасан ﷻ вахIю рещтIунев расулзабазул цоявлъун вукIаниги, МухIаммад авараргги ﷺ вукIана кутакалда ракIразияв, гIадамазда гьоркьов гьими гIемерав, махсарабиги гьарулев чи.

Махсараги гьабулаан аскIов вугесул чорхолъе тирха-кIичи, рохел рехизабулеб, щибго жиндилъ ургъун бицунеб калам гьечIеб. Амма вукIана киналъулъго гIурхъи, адаб, гIаданлъи цIунарав.

Разилъи, гьими гIадал хIалал тIаде рачIиндал, Аварагасул ﷺ гьумер кунчIун бачIунаан цIураб моцI кинниги. Кинаб бугониги рохел бициндалги гьесул ﷺ гьумер, бакъул чIор речIчIидал матIу кинниги, гвангъулаан. Велъанхъулелъулги гьесул ﷺ цаби, чIегIерал накIкIазда гьоркьоса пирхулеб пиридул канлъи кинниги къалъ-къалъулаан.

Абу Гьурайратидасан бицун буго, Авараг ﷺ велъизе байбихьидал, гьесул цабзазул кунчIи, бакъул чIорал кинниги, цере ругел къадазда гвангъулаанин.  

Пашманлъаби Аварагас ﷺ рахчулаан, асхIабзабигун вугеб мехалъ, гьезул ракIазулъе рохел бачIунеб калам гьабун, жиндирго рекIел хIал халлъизе толароан. Амма тIаде рачIарал рохелаз хисизабулаан пашманлъи. Сунца вугониги рази гьавуни, гьурмаде гьими бачIиналдалъун халлъулаан гьесул ﷺ хIал.  

ГIабдуллагь ибну ХIарисица бицун буго: «Дида гIадамазул щивго вихьичIо Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ гIадин гIемер гьимулев чи», - абун (Тирмизи).

Хабар бицунелъулги, гIенеккарасул рекIелъе бортуледухъ хIеренго, гьимун гьабулаан калам.

ГIаишатидасан бицун буго, жинда Авараг ﷺ киданиги вихьичIин кIалги рагьун велъулевин абун (Бухари, Муслим). Велъулелъул гьаракь борхизабулароанин абураб магIна.

Имам ШагIранияс хъван буго, Аварагасда ﷺ аскIор ругеб мехалъ асхIабзабиги, гьесдаса ﷺ мисал босун, гьимун гурони, гьаракь гьабун релъулароанин абун. 

Гьаракь гьабун велъизе бокьидалги, Аварагас ﷺ, гьакIкIалеб кIал ва бачIунеб сас бахчизелъун, кIалалда хъатI чIвалаан. Гьединаб релъиги цIакъ къанагIат гурони букIунароанила гьесул ﷺ.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...