Аслияб гьумералде

Лъазе ккола

Лъазе ккола

Лъазе ккола

Ислам буго жиндир бухьен щуго жоялда бараб: шагьадат битIи (жиндие лагълъи гьабизе кколев цониги чи гьечIо, вати тIадав Аллагь ﷻ гурони ва МухIаммадги ﷺ Гьесул ﷻ авараг ва расул вугин абун), къол щуябго как бай, боцIи-малалдаса закагIат-сахI бахъи, рамазан моцIалъ кIал кквей, хIалкIварас хIежги гьаби.

 

Нилъ иман-исламалда рижун рати буго Аллагьас ﷻ нилъее кьураб кIудияб нигIмат, рахIмат. КигIан ургъаниги нилъ хадур гъолареб цIобги буго гьеб. Гьелдаго бащдаб рохел буго нилъее МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса рати, гьабураб мунагьалдаса ракI гурхIаразе тавбу кьей, гъалатIалдаса Аллагь ﷻ тIаса лъугьунев вукIин. ГIемерал умматазе букIараб жоги гуро гьеб.

Иман-исламалъул бицунеб бугелъул, камилаблъунги гьеб букIуна чияс мацIалъ абун, мукIурлъараб ракIалъги ритIухъ гьабураб мехалъ, цинги гIамал гьабун лугбаздалъунги тIубазабулеб бугони, цадахъго Аварагасул ﷺ суннатги цIунун.

Гьедин мукIурлъун ислам ритIухъ гьабурав, амма гIамал гьаби чарав пасикълъун вукIуна. Паризаяб гьабун, суннаталда нахъвилълъин тарав бидгIачиги ккола. Амма мацIалдалъун мукIурлъичIев капурав вуго. МацIалъ абун ракIалдалъун ритIухъ гьабичIев мунапикъги ккола.

ИхIсан щиб абуни, гьеб буго БетIергьанасе ﷻ гIибадат гьев вихьулев вугев гIадин гьаби, нилъеда вихьулевлъун Гьев ватичIониги Гьесда нилъ рихьулел рукIунелъул. Гьедин баян гьабун ГIумар-асхIабасдаса бачIараб хIадисги буго.

ИхIсаналъул даражаги цIакъ тIадегIанаб буго. Гьеб ккола Аллагь ﷻ лъаялде рахарал чагIазул макъамги. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дунялалъул рокъоб Аллагьасда ﷻ иманги лъун (Гьев ﷻ тIаде валагьун вугев гIадин) лъикIаб гIамал гьабун хьвадарал гIадамазе БетIергьанасул ﷻ рахъалдаса Алжан буго…», - (суратул «Юнус», 26 аят). ХIадисалдаги буго: «Кир ругониги Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа…», - абун (Тирмизи).

Суннаталъул магIна буго Аварагас ﷺ гьабуралъулъ гьесда ﷺ нахърилъин. Гьелдаса мурадги Аварагасул ﷺ гIаммаб нух буго, ай Хирияс гьабейин абураб гьабун, теян абураб тун. Гьес ﷺ абурабги букIана Алжаналде гIагарги гьарулеб жужахIалдаса нахъеги чIвалеб жоялъул жинца нужее баян гьабичIеб жо течIин. Нилъ гьесул амру-нагьюязда нахърилъунел ругони, дунял-ахираталда талихI щвараздаса рукIине руго. Къуръаналда Аллагьасги ﷻ абулеб буго нужее Аварагасулъ ﷺ нахърилъине берцинаб мисал бугин (суратул «АхIзаб»). Имам Гъазалияс хъван абуна Аварагасул ﷺ щибаб суннат цIунарасе Алжаналда хасаб даража бугин абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...