Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ калам

Аварагасул ﷺ калам

Аварагасул ﷺ калам

Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаи-шатидасан бицун буго: «Аварагасул ﷺ кIалъай букIунароан гьоркьоса къотIулареб ва хехаб. Гьесул ﷺ кIалъай букIана баянаб, гIенеккарасда кинабго ракIалда чIолеб», - ян (Тирмизи).

 

Жабир ибну ГIабдуллагьица бицана: «Аллагьасул Расуласул ﷺ кIалъай букIана чвахун бачIунеб», - абун (Абу-Давуд).

«Ал-Явму ва лЛайлату» абураб тIехьалда имам Насаияс рехсон буго ГIаишатидасан бицараб цоги хIадис: «Аллагьасул Расуласул ﷺ кIалъай букIана роцIцIараб, гIенеккарав щивасда (вукIа гьев гIарабияв яги гIажамияв) ракIалда чIезабизе кIолеб гIадаб», - абун.

Анас ибну Маликица бицана: «Аллагьасул Расулас ﷺ, сундул бугониги бицунеб мехалда, калам лъабго нухалда такрар гьабулаан (гIенеккаразда гьоркьор ратизе бегьулин цо нухалъ рагIараб захIматго гурони ракIалда чIезабизе кIоларелин абураб пикруялда), щивасда бигьаго ракIалда чIезабизе кIвезе букIине бицараб жо (бицаралъулъ гьезул ишкал хутIиларедухъ). ГIадамазда гьоркьове къватIиве вахъиндал гьес лъабго нухалъ тахIият (салам) гьабулаан (гьезда гъорлъе жувазе изну тIалаб гьабулеб кинниги)», - ян (Бухари).

ГIабдуллагь ибну Саламица бицана: «ГIадамалгун кIалъазелъун Авараг ﷺ гьезда гьоркьов гIодов чIедал, гьес ﷺ гIемер балагьи гьабулаан зодобе (Аллагьасдасан ﷻ вахIю бачIине хьулгун)», - абун (Байгьакъи).

ГIаишатидасан бицун буго гьесул ﷺ кIалъай букIанин кутакалда пасахIатаб, гIенеккаразе бокьани гьесул рагIабазулъ ругел хIарпал рикIкIине, гьеб бигьаго кIоледухъ. (Муслим)

КIалъай пасахIатав вугониги гьев ﷺ вукIана кутакалда калам къокъав, вуцIцIун чIезе бокьулев, Аллагьасул ﷻ махлукъатазул ва Гьесул ﷻ хIалкIвеялъул кIодолъиялъул пикру халгьаби гIемерав. МацI цIунулаан хIажат гьечIелдаса, кIалъай гьабулароан жиндилъ чара гьечIелъул гурони. ГIадада кIалъан хабар-хочI гьабулезеги насихIат гьабулаан жиндилъ пайда гьечIеб бицунгутIиялдалъун.

Имам ШагIранияс «Кашфул гъумма» абураб тIехьалда хъвалеб буго Авараг ﷺ дагь гурони кIалъалароанин, гьебги хIажат ккараб мехалъ гурони букIунароан, бицунебги гIенеккарав щивасде щоледухъ (ракIалда чIезелъун) кIиго-лъабго нухалъ такрарги гьабулаанин абун.

Кидаго Аллагь ﷻ рехсолевлъунги вукIунаан, нухда унелъул щибаб гали тIамун хадуб гьесдаса ﷺ рагIизе кIолаан тасбихI тагьлил гьаби, БетIергьан ﷻ рехсей.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...