Аслияб гьумералде

Сахлъи цIунизе ккола

Сахлъи цIунизе ккола

Сахлъи цIунизе ккола

Сахлъи ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лагъзадерие кьураб аманатги кIудияб нигIматги. Амма гьелъие шукру гьаби цIакъ къанагIат гурони букIунаро. Ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда буго: «ГIадамаз къимат гьабулареб кIиго нигIмат буго: сахлъи ва эркенаб заман», - илан. (Тирмизи)

Абизе бегьула, сахлъи гьечIони щибго жо букIунарилан. Сахлъи гьечIони дунялалъулго тIагIам хола инсанасе. ГIорцIарасда вакъарав вичIчIуларевго гIадин, сахасда бичIчIуларо унтарасул ахIвал-хIал.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасде аманат гьабуна сахлъиялда хадуб хъаравуллъи кквеялъул иш. ГIемер кванай, спорталдехун кIвахIалъи - гьеб кинабго исламалъ какарал тIабигIатал руго.

Хвел кида тIаде бачIинебали нилъеда лъаларо. Гьединлъидал гIибадат гьабизелъун сахлъи цIунизеги ва кидаго къуваталлъун рукIинеги хIаракат бахъизе ккола. ТIаде рачIунел унтаби чIезаризе нилъеда кIоларо. Унти Аллагьасул ﷻ салам буго. Амма нилъеда кIола унтуде данде къаркъала щула гьабизе. Гьелда тIаде, бусурбанчи кидаго вукIине ккола хъизан-агьлу, дин, къартI цIунизе хIадуравлъун. Сахлъи гьечIони хIадурлъиги букIунаро. Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Къуватав муъминчи загIипасдаса лъикIав вуго ва Аллагьасе ﷻ цIикIкIун вокьула, кинниги гьел кIиязулъго лъикIлъи буго», - ян. (Муслим)

Бусурбанчияс сахлъиялде тIадчIейги, кванил тадбирги гьабила ва къаркъалалъул щулалъиялде кIварги кьела. Исламалъ бегьизарурал спортивиял тайпаби гIемерал руго. Гьездасан ккола векери ва вилълъин. Гьезул кIиабилеб ккола гIемерисел гIадамазе данде кколебги. Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисал руго вилълъанхъиялде нилъ ахIулеб.

Абугьурайратица бицана аварагас ﷺ абунин: «Рокъоб какиеги чурун мажгиталде, Аллагьас ﷻ тIадкъараб гIибадат гьабизе къватIиве вахъарасул цо галиялдалъун ТIадегIанас мунагьал чурула, цогидалдалъун макъамги тIадегIан гьабула», - ян. (Муслим)

Гьеб хIадисалдасан нилъеда бичIчIула черх щулалъиялде тIаде рухIанияб рахъалъеги вилълъанхъиялъул пайда букIин.

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...