Аслияб гьумералде

ГIемер бицине кколеб

ГIемер бицине кколеб

Тавбу гьабиялъул гIемер бицуна. ГIемер бицинчIогоги кин телеб, нилъ кидаго мунагьал гьарулел рукIунелъул. Мунагьалдаса тIаса лъугьин тIалаб гьаби ккола Аллагьасул ﷻ гурхIел щвей лагъас Гьесда ﷻ гьари. Лагъги гьеб щвеялде кутакалда хIажатав вукIуна, мунагьалде ккеялдаса гIицIав жив гьечIолъиялъе гIоло.

Анас-асхIабасдасан бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абун буго: «Адамил лъимер мунагьалде кколеллъун руго, мунагьазде кколезул бищун лъикIалги жидеца гьелдаса тавбу гьабулел руго», - ян (Тирмизи). Цоги хIадисалда буго: «АллагьасхIаги ﷻ, дица щибаб къойил БетIергьанасдаса ﷻ нусго нухалъ тавбу ва мунагьал чури тIалаб гьабула», - ян.

Мунагьалдаса тавбуги гьабизе ккола гьелъул гьитIинлъи-кIодолъиялъухъ балагьун течIого, щайин абуни, Аллагь ﷻ вуго мунагьазде кканщинахъе лагъзадерица гьеб чури тIалаб гьабизе бокьулев, гьезда гурхIулев, гьезие лъикIлъи бокьулев. Аллагьас ﷻ аварагасдехун ﷺ хитIаб гьабун Къуръаналда рехсолеб буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Дуца абе, МухIаммад ﷺ! Я, гьал жидеца напсазе (мунагьал гьариялдалъун) зулму гьабурал гIадамал! Нужер хьул къотIуге Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса. (Тавбу гьабурасул) Аллагьас ﷻ киналго мунагьал чурула. Гьев ﷻ вуго гурхIулев, мунагьал чурулев», - ин (сура «аз-Зумар»). Жеги гьеб аяталдаса бичIчIизе кколин абун тIехьалда рехсолеб буго: «КигIан кIудиял мунагьал гьаруравлъун ватаниги, чиясул хьул къотIуге Аллагьас ﷻ гьел чуриялдаса. Щайин абуни, Аллагьасда ﷻ мунагь кIудияблъун бихьуларо тавбу гьабурав лагъасе гьеб тIаса лъугьун тезе, хIатта цебеккун гьабулеб букIараб ширкалдаса тавбу гьабулевлъун гьев ватаниги», - ян.

Тавбу гьаби буго лагъасдаги Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб бугеб жо. Амма лагъзадерида хурхараб мунагь батIияб буго. Гьелдаса тавбу гьабун гIоларо, жиндие зарал-зиян гьабурав тIаса лъугьинавизе ккола, кьезе кколеб хIакъ батани - гьебги тIубазе ккола. ХIадисалда буго: «Зулму – къиямасеб къоялъул зулму буго», - ян (ибну ГIумар). Кинин абуни, баяналъе рехсела гьадинаб магIнаялъул цоги хIадис: «Диналъул вацасда гьабураб зулму жинда тIад бугес къиямасеб къо бачIиналдего гьелъухъ хIалаллъи (яги тIаса лъугьин) тIалаб гьабе абе. Гурони, къиямасеб къоялъ жинца зулму гьабурасул лъикIал гIамалал, гьабун букIараб зулмуялъул къадаралда, росизеги росун жинда зулму гьабурасе кьола. ЛъикIал гIамалал ратичIони, жинда зулму гьабурасул квешал гIамал жинца гьабурасде рехула», - ян (Бухари).

Мунагьаздаса тавбу гьабунгутIи, гьеб нахъе тIамун тей цо-цо гIалимзабаз рикIкIунеб буго цоги тавбуялде хIажатаб мунагьлъун. Гьединлъидал, гьарула БетIергьанасда ﷻ щивасе мунагьаздаса кантIи ва тавбу, хIакъаб нух кквезе тавпикъ. Гьес ﷻ нилъ гьареги Жиндир рацIцIадал лагъзадеридаса! Амин!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...