Аслияб гьумералде

Бухьен къотIизе тоге

Бухьен къотIизе тоге

Макьу ккола хIухьбахъи гьаби гуребги, инсан загIипавлъун лъугьунеб хасаб хIалги. Исламалъ гьеб лахIзаталдеги кIвар кьола. МухIаммад аварагас ﷺ малъана Аллагьасул ﷻ цIуни ва баракат щвезелъун кколеб къагIидаялъ кьижизе хIадурлъизе кколеб куц.

 

Бараъ ибн ГIазибидаса бачIараб хIадисалда буго: «Мун кьижизе хIадурараб мехалда какие чури гьабе, цинги кваранаб рахъалдаги вегун абе:

اللَّهُمَّ أَسْلَمْتُ نَفْسِي إِلَيْكَ، وَفَوَّضْتُ أَمْرِي إِلَيْكَ، وَأَلْجَأْتُ ظَهْرِي إِلَيْكَ، رَغْبَةً وَرَهْبَةً إِلَيْكَ، لَا مَلْجَأَ وَلَا مَنْجَا مِنْكَ إِلَّا إِلَيْكَ، آمَنْتُ بِكِتَابِكَ الَّذِي أَنْزَلْتَ، وَنَبِيِّكَ الَّذِي أَرْسَلْتَ

 

МагIна: Я Аллагь ﷻ, Дуе мутIигIлъула дун, Дирго ишалги Дуде божун тола, хьулгун, хIинкъигун Дуде вуссуна. Дудаса лъутизе бакIги хвасарлъиги Дудасан гурони гьечIо. Дун божана Дуца рещтIараб ТIехьалдаги, Дуца витIарав Аварагасдаги ﷺ.

Гьеб сордоялъ хвани, хола Аллагь ﷻ цо гьавиялъул нияталда».

Кьижилалде какие чури ккола чорхое гьабулеб рацIцIалъи гуребги, рухIияб хIадурлъиги. Макьу ккола гьитIинабго хвел гIадаб жо. Кваранаб хьибилалда кьижи суннатабги сахлъиялъе пайдаябги буго. ДугIаялъ загьир гьабула Аллагьасда ﷻ тIубанго божи гьаби, Гьес ﷻ гурони цIуни кьолеб гьечIолъиялда мукIурлъи, кьижилалде цебе иман тасдикъ гьаби. Гьеб дугIаги гьабун кьижани ва ворчIичIони, чи иманалда хола. Гьеб кIудияб рахIмат буго.

Кьижилалде цебе дугIа гьаби ккола хвел ракIалде щвезабиги. Аварагас ﷺ нилъеда малъана кьижилалде цебе гьабураб калам гIумруялда жаниб ахирисеб каламлъун букIине бегьулеблъи. Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца Дун рехсе Дие тIагIатгун гIибадат гьабун, Дир амру-нагью тIубан, Дица ﷻ нужги рехсела гIемераб кири гьабун, нужер мунагьал чурун» (сура «Ал-Бакъарат», аят 152).

Гьел рагIаби ккола Аллагьасулгун ﷻ нилъер бухьен кидаго букIине кколеблъи ракIалде щвезабулеблъун, ай кьижулагоги, рахъунагоги, тIубараб гIумруялъги ва хвалда цебеги.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...