Аслияб гьумералде

Жаваб гьабизе тIадаб

Жаваб гьабизе тIадаб

Ислам бачIиналде цебе гIарабаз цоцазе кIодолъи гьабун «ХIаякалагь» абулаан, ай «мун чIаго хутIаги, дур гIумруги халалъаги» абун. Ислам бачIун хадуб Аллагьас ﷻ бусурбабазе кьуна, дунял-ахираталъул лъикIлъаби жинца жанире рачунеб, БетIергьанасул ﷻ цIарги жаниб бугеб, кIодо гьавиялъул калима: «Ассаламу гIайкум» абураб.

 

«Ассалам» абураб рагIи Аллагьасул ﷻ цIаразул цо цIар ккола, гьелъул магIнаги буго гIумру халалъи, сахлъи-саламалъи, балагьаздаса цIуни, дунял-ахираталъул лъикIлъаби щвей абураб.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сурату «Ан-нисаалда» абулеб буго (магIна): «Бусурбанав чияс нужее кIодолъи гьабун «Ассаламу гIалайкум» абун салам кьураб мехалда, нужеца гьесиеги кIодолъи гьабе, дос гьабуралдасаги берцинаб, ай «ВагIалайкуму салам ва рахIматуллагьи вабаракатугьу», - ян.

 ТIадегIанав Аллагь ﷻ кинабниги гьабураб гIамал бихьулев вуго, гьитIинаб букIа, кIудияб букIа, дагьаб букIа яги гIемер букIа. Квешаб гIамалалъухъ жаза гьабулев, лъикIаб гIамалалъухъ ажру-кири цIикIкIун кьолевги вуго.

Цо чияс аварагасда ﷺ гьикъана: «Исламалда жаниб бищун лъикIаб пиша, гIамал щиб?» - абун. Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Дуца хIажатав чиясе тIагIам кье, ва дудаго лъалесеги-лъаларесеги саламги кье», - ян.

Абугьурайратица  бицараб хIадисалда буго: «Нуж алжаналъуре лъугьунаро нужеца иман лъезегIан, нужер иман лъейги букIунаро нуж цоцазе рокьизегIан». Хадубги аварагас ﷺ абуна: «Дица нуж тIоритIилищ цо гIамалалде, нужеца гьеб гьабиялдалъун нуж цоцазе рокьулеб? Нужеца нужедаго гьоркьоб салам кьей тIибитIизабе», - ян.

 Щив чи вугониги жинца «Ассаламу гIалайкум» абун салам кьун, гьесие хъвала анцIго лъикIлъи. Щив чи вугониги жинца салам кьеялда аскIоб «Ассаламу гIалайкум варахIматуллагь» абун, Аллагьас ﷻ гьесие къого кири хъвала. Щив чи вугониги жинца «Ассаламу гIалайкум варахIматуллагьи вабаракатугь» абун, гьесие лъеберго кири хъвала.

Салам кьолев чиясе суннатаб буго гьаракь борхун кьезе, жиндие салам кьурасда рагIиледухъ. Салам буссинабиялъе шартIги буго гьоркьоб заман иналде хехго буссинаби. КватIун буссинабуни, кьураб саламалъе жаваблъун букIунаро, салам буссинабичIев чиясда релълъун мунагьалдеги ккола.

 Салам кьей суннатаб буго, тIадаб гьечIо. Цо къокъаялда гъорлъа цо чияс салам кьуни, киназдасаго гIей гьабула, киназго цадахъ кьуни гьеб хириябги камилабги буго. Амма кьураб салам буссинаби тIадаб букIиналда киналго гIалимзаби тIадрекъана.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...