Аслияб гьумералде

Лазатал хвезарулеб гIемер рехсе

Лазатал хвезарулеб гIемер рехсе

Хвел буго щивав чиясде щвезе бугеб хIакъикъат. Жакъа-метер хвезе гьечIин абурал пикрабазда нилъ ругониги, гьеб бачIуна тохлъукьего. Диналъ нилъее баян гьабураб кинниги, хвалил пикру гьабиги буго Аллагьас ﷻ амру гьабураб гьабиялъе ва теян абуралдаса нахъчIван чIезе кумек гьабулелдасан.

 

Хвел ракIалде щвей гьукъулеблъун буго дунялалдехун бугеб нилъер рокьи. Квераз гьабун гуреб рекIелъе дунял биччан, гьелде машгъуллъараб мехалъ, дунявиял ишаз инсан толаро хвел ракIалде щвезабизе ва гьелде хIадурлъизе.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Нужеца лазатал хвезарулеб жо (хвел) гIемер рехсе», - ян (Тирмизи). Гьединлъидал, цIакъго-цIакъ рекъараб буго хвел гIемер рехсезе ва гьеб ракIалде щвезабизе.

Хвалил рехсей хирияб Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рехсон буго 164 нухалъ. Гьебщинаб нухалъ Къуръаналда рехсейги гIеларищ гьеб кIудияб ишлъун букIиналъе хIужалъун?

Хвел гIемер рехсеялдалъун бичIчIула, ахираталде дандеккун, дунялалъул кинаб даража бугебали. КантIизавула, жив хведал нахъе хутIизе ва ахираталда жаваб кьезе ккезе бугеб магIишат тIалаб гьабизе ккелищ яги ккеларищ абуралде, гьесизавула пайдаялъе батизелъун лъикIаб гIамал-гIибадат гьабиялде.

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дуца абе, МухIаммад ﷺ! Нуж жиндаса лъутулеблъун бугеб хвел чара гьечIого нужеда дандчІвазе буго. Гьелдаса рорчIизе бакI гьечIо. Цинги, Къиямасеб къоялъ, нуж руссинаризе руго жинда кинабго жо лъалев БетIергьан Аллагьасде ﷻ ва гьениб бицине буго нужеца дунялалда гьабураб кинабго гIамалалъул», - ин (суратул «ЖумгIат», 8 аят).

Ансаразул цояс Аварагасда ﷺ цIехон буго бищун цIодорав ва талихIав чи щив кколевин. Гьесие жаваб гьабун Аллагьасул Расулас ﷺ абун буго: «Бищун гIемер хвел ракIалде щвезабулев ва гьелде лъикI хIадурлъулев чи вуго…», - ян абун (АхIмад).

Хвел ракIалдещолев чияс гьабуларо мунагьалде кколеб гIамал.

ГIали-асхIабас абун буго: «Гьаб дунялалъул нигIматаздаса дуе гIела ислам - динлъун щвей, машгъуллъиялъе гIела - Аллагьасе ﷻ гIибадат гьаби, вагIзалъунги гIела - хвел (гьеб гIемер рехсей)», - абун.

Гьал рагIабаздасаги кIудияб вагIза-насихIат щиб букIинеб муъминчиясе?

Хвел гIемер рехсолес нахъбахъун толаро тавбу гьаби, гьесулъ букIуна ритIухъаб ракI ва гIибадаталъулъ цIакъ бахъи.

Хвел кIочон таразулъин абуни букIуна тавбу гьаби нахъбахъи, бугелда гIей гьабунгутIи ва гIибадаталъулъ кIвахIаллъи.

Аллагьас ﷻ ритIун ккезареги киналго хвалил гIуж тIаде щведал! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...