Аслияб гьумералде

ХIедул чирахъалъул мисал

ХIедул чирахъалъул мисал

ХIедул чирахъалъул мисал

Цо нухалда эменги васги, гамида рекIун рукIаго, нухги къосун пуланаб чIинкIиллъиялде ккун руго. Гьенире щведал гьезда бихьула жидерго гамил тIину багьун букIин. Кумек тIалаб гьабун, инсуцаги васасги хIукму гьабула, рахъ-рахъалде ине.

 

Гьедин иналде инсуца васасда абула: «Нилъеца Аллагьасда кумек гьаризе ккола», - ян. Цинги уна рахъ-рахъалде. Васас байбихьула Аллагьасда ﷻ гьаризе: «Я, Аллагь ﷻ, дун вакъуца хвеларедухъ гьаб рохьоб кваназе жо бижизабе», - ян. Аллагьас ﷻ гьесул дугIаялъе жаваб гьабун, пихъил гъутIби рижула. ГIорцIизегIанги кванан, васас жеги гьарула: «Я, Аллагь, къаси сордо базе бакI гьечIо дир. Гьарула Дуда ﷻ цо рукъ кье дие», - ян. Цеве унаго цо рукъалде тIаде ккола гьев ва гьесда бичIчIула Аллагьас ﷻ дугIаялъе жаваб гьабулеб букIин. Цинги гьесда ракIалде ккола тIадвуссине ва Аллагьасда ﷻ цIияб гама гьаризе. Аллагьас ﷻ гьеб дугIаялъеги жаваб гьабула. Васас, цIияб гамидаги рекIун, гьениса нахъе ине хивал гьабула. Гьеб мехалъ зодисан цо гьаракь кIалъала: «Ле, гIадан, мунго цохIойищ инехъин вугев? Эменги вачинарищ цадахъ?» - илан. Васас жаваб гьабула: «Гьесги дугIа гьабизе кколаан, амма Дуца ﷻ гьесие жаваб гьабун гьечIеблъи бихьулеб буго. Дида ккола гьесул ракI тIубанго бацIцIад гьечIолъиялъул хIасил гьеб бугин. РакI бацIцIалъизегIан гьанивго тела гьев», - илан. Цинги гьебго гьаракьалъ абула: «Дуда лъалищ гьабгощинаб мехалъ дур инсуца щиб гьарулеб букIарабали», - илан. Лъаларин абула васас.

Гьаракьалъ абула: «Дур инсуца цого дугIа букIана гьабулеб. Гьес гьарулеб букIана: «Я, Аллагь, гьав дир васас щиб гьараниги Дуца ﷻ кьейилан», - ян. Гьединлъидал, дуе щаварабщинаб жо гьесул дугIаялъул хIасил буго», - ян.

Гьаб къисаялдасан бичIчIулеб буго эбел-инсул лъималаздехун унго-унгояб рокьи букIунеблъи. КигIан захIматабги иш тIаде бачIиндал, инсуца васасул хIажатал жиндиралдасаго цере гьарула. Эбел-инсул мисал буго хIедул чирахъалъул. Сверухъ ругезе канлъи гьабун, хIедул чирахъ бухIун лъугIулебго гIадин, эбел-инсуцаги лъималазул иш лъикI ккеялъе гIоло гIумру кьола.

Аллагьас ﷻ сахлъи кьеги нилъер умумузе. Амин! 

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...