Аслияб гьумералде

Гьоркьохъеб

Гьоркьохъеб

ШагIбан ккола ражабалдаги рамазаналдаги гьоркьоб бугеб моцI гуребги, кIвар бугел тарихиял лъугьа-бахъиназдалъун ва илагьиял вахIюяздалъун бечедаб, ислам цебетIеялъеги бусурбабазул уммат гIуцIиялъеги гъваридаб асар гьабураб заман.

 

ШагIбаналъул бищунго кIвар бугел лъугьа-бахъиназул цояб ккола къиблаялъул рахъ хиси. Гьижрияб кIиабилеб соналъул шагIбан моцIалъул 15 къоялъ ТIадегIанав Аллагьас МухIаммад ﷺ аварагасде амру гьабуна Иерусалималда бугеб Акъасаялъул мажгиталдаса Маккаялда бугеб КагIбаялде как балеб рахъ хисеян. «Бакъарат» сураялда рехсараб гьеб лъугьа-бахъин (144 аят) лъугьана бусурбабазул рухIияб гIаламатлъун ва гьелъ жеги цIикIкIун мухIкан гьабуна ХIарам мажгиталъул хасаб хиралъи.

Цо-цо гIалимзабазул пикруялда рекъон, шагIбан моцIалъ рещтIана «Аль-АхIзаб» сураталъул 56-абилеб аят. Гьелда жаниб ТIадегIанав Аллагьас муъминзабазде ахIулеб буго Аварагасде ﷺ салат-салам битIеян. Гьеб аяталъ баян гьабуна салаваталъул кIвар ва Аварагасдехун ﷺ бугеб рокьи гьеб битIиялдалъун цIикIкIин.

ШагIбаналда ккарал лъугьа-бахъиназда гъорлъ буго «Аль-Къамар» сураталда рехсараб моцI кIихIи хъвалхьиялъул мугIжизатги. Гьеб гIаламат Аварагасе ﷺ кьуна Аллагьасул амруялдалъун, гьесул авараглъиялде щакдарулезе хIакъаб далиллъун.

ШагIбаналъул тарихалда хасаб бакI ккола Аллагьасул Расуласул ﷺ ясалъул вас ХIусен ибн ГIали гьавиялъги. Гьев гьавиялъ Авараг ﷺ кутакалда вохана ва тIолабго бусурбабазул жамагIаталъеги гьеб иш рохалилаблъун лъугьана.

Гьелда тIадеги, гьижрияб кIиабилеб соналъул шагIбан моцIалда рещтIана рамазан моцIалъ кIал кквеялъул парз чIезабун «Бакъарат» сураталъул (183–185) аятал. Гьедин шагIбан лъугьана муъминзабазе бищун кIвар бугел гIибадатазул цоялде хIадурлъулеб заманлъун.

Аварагас ﷺ хасаб кIвар кьуна гьаб моцIалъ кIал кквеялде, гIибадат цIикIкIинабиялде ва живгоги умматги рамазаналде хIадур гьабиялде. Гьеб ккола ният бацIцIад гьабулеб, Аллагьасулгун бухьен щула гьабулеб, Расуласул ﷺ суннаталда нахърилълъараб заман, цIилъараб ракIгун ва ракIбацIцIадаб хIаракатгун рамазаналде лъугьине.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...