Аслияб гьумералде

ЧIунтарал ракIал сах гьарулеб

ЧIунтарал ракIал сах гьарулеб

Къуръан Аллагьасул ﷻ калам ва Аварагасе ﷺ кьураб бищун кӀудияб мугӀжизат ккола. Щивав муъминчиясда тӀадаб буго гьелъул нух кквезе ва гьелъул хиралъи лъазе. Къуръан ккола чIунтарал ва унтарал ракIал сах гьарулеб калам. Нилъее рекъола гьеб цIализе ругьунлъизе.

 

Цо-цоязул рокъоб Къуръан букӀунаро ва цогидазул гьеб гӀицӀго полкаялда лъун букIуна тIад хIурги ккун. Дагьа-макъаб гьелъул хиралъи лъазабуни хьул буго гьеб цIализе ругьунлъизе гIищкъу бачIинин.

Аварагас ﷺ хIадисалда абуна: «Къуръан Аллагьасда цебе шафагӀат гьабулеблъун ва Гьесда цеве цӀалулев чи ритӀухъ гьабулеблъун ккола. Гьелда нахъвилълъарав чи алжаналде лъугьина, гьелда нахъвилълъинчӀев жужахӀалъул цӀадулъе цӀазе вуго», - ян. (Имам ТIабарани)

Бицунеб буго ГӀумар ибн ХатIабица тарав Маккаялъул вазир цо нухалда гьесухъе вачӀуна цо-цо суалал тIуразе. ГӀумарица гьесда цIехола: «Дуца дур бакӀалда Маккаялда щив тарав?» - абун. Гьес жаваб кьола: «ГӀабдурахӀман ибн Аби Абз тана», - ян. Халифас баян гьабула: «Дуца дур бакӀалда къурайшиязул лагъищ тарав?» - ян. Вазирас жаваб кьола: «Дица дирго бакӀалда ГӀабдурахӀман тана, гьесдаса лъикӀ Къуръан цӀалулев чи гьечӀо», - ян. Цинги ГӀумарица абула: «Аллагьас Къуръан цӀалулев чи тӀадегӀан гьавула ва Къуръан тарав гӀодовегӀанги гьавула», - ян. (Муслим, ибну Мажагь, АхӀмад)

Аварагас ﷺ бицана: «ЦӀале гьеб (Къуръан), хӀакъикъаталда Аллагьас ﷻ гьелъул щибаб хӀарп цIаларалъухъ анцӀго кири кьола. Дица абулеб гьечӀо Алиф, Лам, Мим цадахъ рикIкIун анцӀго кири бугин, амма Алиф анцӀго, Лам анцIго ва Мималъухъги анцӀго буго», - ян. (ХIаким)

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къуръан цӀализе ва гьеб лъазабизе рокъор гIадамал данделъараб мехалъ, гьезда тӀад рещтIуна рекIел парахалъи ва Аллагьасул рахӀматал. Малаикзабаз гьел сверун ккола ва Аллагьас ﷻ гьел рехсезе руго Жиндаго аскIор», - ян. (Имам Муслим, Тирмизи, ибн Мажагь).

ГӀабдуллагь ибн ГIамрица бицана, Аварагас абунин: «Къуръан цӀалулев чи авараглъи щварав гӀадин вуго, гьезда гьоркьоб батIалъи ккола малаик гьесухъе вахӀю босун вачIунгутIи. Къуръан цIалулев чиясда ракIалде ккани гьелдаса лъикIаб цогидасе батIияб жо кьунин абун, гьес гIодобегIан гьабуна Аллагьас ﷻ кIодо гьабураб жо», - ян. (ХӀаким, ТIабарани).

ХIадисалда буго: «Какилъ Къуръан цӀаларав чиясе щибаб хӀарп рикIкIун нусго кири щола, гӀодов чӀун как барав чиясе щибаб хӀарпалъухъ кIикъоялда анцIго кири щола. Какилъ гуреб мехалъ Къуръан цIаларав чиясе щибаб хIарп рикIкIун анцIго кири щола. Къуръаналъул кири щвезе гIенеккарав чиясе щибаб хIарп рикIкIун цо кири щола. ТIубараб Къуръан лъугIизабун цIаларав чиясе гьаб дунялалдаги ахираталдаги гьабураб дугIаялъе жаваб гьабула», - ян. (Дайлами, «Канзул гIумал»)

 

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...