Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ вижи

Аварагасул ﷺ вижи

Аварагасул ﷺ вижи

Чанго соналъ Аварагасе ﷺ хъулухъ гьабурав Анас ибну Малик-асхIабас бицана: «Авараг цIакъго халатав ва цIакъго къокъав вукIинчIо, цIакъго хъахIав ва чIегIеркIкIуяв вукIинчIо, гьесул расал кIургIарал ва цIакъго ритIарал рукIинчIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев авараглъун витIана 40 сон бараб мехалъ. Маккаялда гьес бана 10 сон ва Мадинаялда бана 10 сон. Лъабкъоялда анцIил бетIералда Аварагасул ﷺ рухI босана. Гьеб заманалда ботIрода ва магжида 20-гIанасеб хъахIаб рас букIинчIо», - ян. (Тирмизи).

 

Цогидаб риваяталда буго Авараг ﷺ Маккаялда 13 соналъ вукIанин авараглъи кьун хадуб. Гьеб риваятги бергьараб буго. Авараг ﷺ чан сон бараб мехалда накълулъаравин абураб суалалда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. Бищун кьучIаб ва машгьураб буго 63 сон бараб мехалъ накълулъанин абураб рагIи.

Авараг ﷺ халатав ва къокъав вукIинчIо. Щайгурелъул, цIакъго халалъи ва къокълъи гIайиблъун рикIкIуна. Авараг ﷺ дагьавго халалъиялде гьетIарав вукIана. Авараг ﷺ гIадамалгун гIодов чIедал, гьесухъ балагьаразда кколаан гьев ﷺ ворхатав чи вугин абун.

Авараг ﷺ хъахIав ва чIегIеркIкIуяв вукIинчIо. Авараг ﷺ вукIана хъахIлъигун дагьаб багIарлъи жубарав. Имам Бажурияс абуна: «Гьаб дунялалда бищун лъикIаб кьер ккола хъахIлъигун багIарлъи жубараб», - ян. Цоги бицана, Авараг ﷺ Майсаратгун цадахъ Хадижатил даран-базар гьабизе Шамалде индал, БахIирада лъанила гьев авараг вукIин, бадиб жубараб багIарлъиялъ. Гьеб кколила авараглъиялъул гIаламат. Киналниги аварагзабазул гьеб гIаламат букIанила.

Аварагасул ﷺ чIегIерал берал рукIана.

Аварагасул ﷺ вижи букIана бищун берцинаб. Юсуф аварагасе кьуна бащдаб берцинлъи, МухIаммад аварагасе ﷺ кьуна кинабниги берцинлъи. Кинниги Аллагьас ﷻ нилъедаса гьеб берцинлъи бахчанила гIакълу ун, кIотун ккечIого рукIинелъун. Нилъер бераз гьеб хIехьезе букIинчIила.

Аварагасул ﷺ бицен гьабулел асхIабзабазул гIемерисел гIолохъанал, гьитIинал рукIана. КIудиял асхIабзабазда Аварагасул ﷺ бадире ралагьизе кIолароан гьесул ﷺ адаб-хIурмат гьабун. ГьитIинал асхIабазаби абуни балагьулаан ва гьедин нилъехъеги щвезабуна Аварагасул ﷺ сипатал.

Авараг ﷺ вилъанхъулаан гIедегIун, тирха-кIичун. АсхIабазабаз абулаан жидеда гьесда хадур гъезе бажарулеб букIинчIин.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...