Аслияб гьумералде

МутагIилзабазухъ ралагье...

МутагIилзабазухъ ралагье...

ХIурматиял вацал ва яцал. Гьале рииги ана ва хаслихълъиги щвана. ТIаде щвана цIияб цIалул сонги. Эбел-инсуе лъимал рухIгIан рокьулеблъи киназдаго лъала. Гьаб ракьалда бищун талихI бугев инсанги ккола, аварагасул ﷺ суннаталда нахъвилъун, берцинаб тарбия лъимал-хъизамалъе кьурав чи. Эбел-эмен ургъула школа лъугIидал лъимал цIализе киредай кьелелин абураб суалалда тIад. Лъимадул гьунар бихьун цIализеги ритIула. Гьеб кутакалда лъикIги буго. Лъай тIалаб гьаби исламалъги беццула. Амма гьаниб бицине бокьун буго исламияб лъай тIалаб гьабуразе бугеб кири-даражаялъул. Гьаб дунялги цIакъ къокъаб, бер къапилалде жиб тIаса унеб жо бугелъул.

Анас бин Маликидасан бицана, аварагас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жужахIалдаса хвасар гьарурал рихьизе бокьани, нуж ралагье мутагIилзабазухъ», - ян. Хадубги аварагас ﷺ гьедун абуна: «МухIаммадил нафс кверщаликь бугев АллагьасхIаги, гIалимасул нуцIихъе гIелму тIалаб гьабун арав мутагIалимасе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щибаб гали рикIкIун лъагIалил гIибадат хъвала, щибаб гали рикIкIун Алжаналъуб шагьар бала, ракьалдаса гьев хьвадулаго ракьалъ гьесие мунагьал чури тIалаб гьабула, гьев кьижула ва вахъуна мунагьал чураравлъун», - илан.

ХIасанул Басрияс бицана: «Аллагьасул ﷻ нухда гьабулеб жигьадалдасаги хирияб жо цохIо гIелму тIалаб гьаби гурони дида лъаларо. ГIелмуялъул цо баб лъазелъун рокъоса къватIиве вахъарав инсан малаикзабаз сверун ккола, ракъдаллъиялда ругел хIайваназ ва лъелъ ругел рухIчIаголъабаз гьесие мунагьал чури гьарула. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие 72 сиддикъунасул ажру-кириги хъвала», - ян.

ГIелму бихьинаб жо буго, бихьиназда гурони жиб тIалаб гьабизе бажаруларебин абураб цоги хIадисги буго. Гьединлъидал гIелму тIалаб гьабулеб нухда мутагIалимас гIемерал захIмалъабиги раччизе ккола. Щибго лъазабун бажарулеб гьечIонигицин мутагIалимасе гьелъухъ кири букIуна.

МугIалимасухъе гIелму тIалаб гьабизе арасухъ гьес бицаралдаса щибго жо лъазабизе кIолеб гьечIониги Аллагьас ﷻ гьесие чанго тIокIлъи кьола. МутагIалимасе кири щола, гьесда аскIов вугебгIан мехалъ мунагьаздаса цIунун вукIуна, гьесда аскIоса къватIиве лъугьиндал тIаде рахIмат рещтIуна, мугIалимасде рещтIараб рахIматалъул бутIа гьесиеги щола, гIенеккун вугебгIанасев мехалъ лъикIлъаби гьесие хъвала, малаикзабаз сверун ккола, щибаб гали рикIкIун мунагьал чурула, даража борхула, кири цIикIкIун хъвала. Гьеб кинабго буго дарс лъазабун бажаруларесе бугеб кири. Бажарулесе гьеб чанго нухалъ цIикIкIинабун щола ажру-кири.

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...