Аслияб гьумералде

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи

Бусурбанчиясул гIаламатаздасан буго Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи. Щибха гьеб кколеб ва кин хIинкъилел? Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи буго жиндалъун жужахIалдаса нилъ хвасар гьарулел ва Алжаналъуре рачунеб жо. Аллагьас ﷻ  гьабугеян абураб тей, Аллагьас ﷻ гьабеян абураб гьаби.

 

Нилъ гIадал загIипал гIадамазе Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи буго чара гьечIого букIине кколеб жо. Гьелъ гурого нилъ квешлъиялдаса цIунуларо. Гьеб хIинкъи батичIони, бачIинабизе ккола, кинин абуни, мунагьазухъ букIунеб гIакъубаги ракIалде щун.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ абулила Жинца цого чиясе кIиго хIинкъиги, кIиго хIинкъиялдаса божун вукIинги данде гьабуларин. Дунялалда Дикьа хIинкъарав, ахираталда хIинкъиялдаса божун вукIунин ва дунялалда хIинкъичIев Дица хIинкъизавулин», - абун.  

Цере арал лъикIал гIадамазул букIана Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи. Аллагь ﷻ разилъаял ГIалил вас ХIусенил какие чурулаго кьер хъахIлъулаанила. Дуе щибин цIехедал, лъида цеве жив чIезехъин вугевали лъаларищ нужедаян абулаанила гьес.

РукIана цIа бакидал гьелде квер бегьун ва бухIи лъарабго гьебги нахъе босун гIодулелги, нахъеги бухIизабун, цоги мунагьги ракIалде щвезабун нахъеги гIодулелги.

Аллагь ﷻ лъаялъул къадаралда бараб букIуна Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиги. Лъалареб жоялдаса лъалелъул хIинкъиги цIикIкIараб букIунарищха?

Аварагас ﷺ абуна ЖабрагIил малаик жинхъе вачIинчIин Аллагьасдаса ﷻ хIинкъун, сородилаго гурого.

Ибрагьим авараг какилъ эхетидал, гьесул рекIел сас рагIулаан аскIор ругезда гIемер Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялъул кутакалъ. Давуд авараг Аллагьасукьа ﷻ хIинкъун гIодулаанила лъавудаса инегIан.

ГIумар лъавудаса ун гIодов кколаанила, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялъ. Гьес абулаанила, вижунго вукIинчIеванийин жив, херлъун вижун ватараваниян. Гьесул кIаркьабазда гIемер гIодиялъ мухъ лъугьун букIанила.

АсхIабзабаз абулаанила, кинин жал рохилел хвелги хобги цебе букIаго, Къиямасеб къоялъ жал, Аллагьасда ﷻ цере хIинкъун, сородилаго эхетизеги рукIаго.  

 Аварагасул ﷺ хIадисги гьечIищ: «Дида лъалеб нужеда лъалебани нуж дагьал релъилаан, гIемер гIодилаан», - ян абураб.

Гьединал мисалазул рикIкIен гIемераб буго, гьездаса нилъер мурадги, нилъеда бичIчIи Аллагьасукьа ﷻ хIинкъизе ккей нилъго хвасарлъизе гIоло.

Аллагьасдаса ﷻ хIинкъун квешлъи тарасе кIудияб кири буго, лъикIаб гIамал гьабурасдасаги.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...