Аслияб гьумералде

Салават цIализе щай кколеб?

Салават цIализе щай кколеб?

 

Салават цIализе щай кколеб?

Кинаб хIикмат бугеб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аварагасде ﷺ салават цIализе бихьизабиялъул? Цо-цо гIалимзабаз абуна гIумруялда жаниб цо нухалъ аварагасде ﷺ салават битIизе инсанасда тIадаб бугиланцин.

 

Салават цIализе бихьизабиялъул хIикмат имам КъустIуланиясги ва гьесул шайих имам Сахавиясги бицана имам Хулаймиясдасан ва ГIизуддин ГIабдусаламидасан: «Нилъеца битIулеб салават аварагасе ﷺ шапагIатлъун гьечIо. Кинниги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда амру гьабуна лъикIлъи гьабуразе данде лъикIлъи гьабейин абун. Амма нилъехъа гьеб лъикIлъи данде гьабун бажаричIо. Аллагьасда ﷻ лъалелъул нилъеда аварагасе ﷺ лъикIлъи гьабизе бажарулареблъи, гьеб мехалда салават цIализе бихьизабуна», - ян.

Цогидаз абуна: «Иманалъул бищун кIудияб гIаркьел ккола авараг ﷺ вокьун, кIодо гьавун битIулеб салават. Гьелда тIадчIей гьаби ккола аварагасе ﷺ нилъеца гьабулеб щукру. Щукру гьабизе тIалъула гьесдасан ﷺ гIемерал нигIматал нилъее щведал. Кинин абуни, авараг ﷺ сабаблъун нилъ жужахIалдаса хвасарлъана, алжаналде лъугьинарула, талихI щвана гIемер захIмат бихьичIого, щибниги пардав гьечIого тIадегIанал макъамалги щвана», - ян.

Къази ГIиязица бицана Бакр Къушайриясдасан: «Аллагьасдасан ﷻ аварагасде ﷺ бугеб салават ккола хира гьавиялъулги кIодо гьавиялъулги мурад. Нилъеца цебе бицун букIана салаваталъулги саламалъулги магIна. Авараг хутIун цогидазде Аллагьасул ﷻ салават ккола рахIматлъун», - ян.

Аварагас ﷺ салават цIалиялде нилъ гьесизаруна умматалда гурхIун, нилъ Аллагьасде ﷻ гIагарлъизелъун. Гьеб гIагарлъи салаваталда жаниб цIакъ гIемер буго. Мисалалъе, Аллагьасде ﷻ иман цIигьаби ва Гьесул ﷻ авараг ﷺ кIодо гьави. Гьесие къадру-къимат тIалаб гьаби. Ахираталда иман цIигьаби, хасго гьениб лъазе буго аварагасул ﷺ къадру ва тIадегIанлъи. Салаваталда рехсола аварагасул ﷺ агьлу ва асхIабзаби. ЛъикIал чагIазул цIар рехсолеб бакIалда ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматал рещтIуна. Гьездехун рокьиги загьир гьабула. Кинабго амру Аллагьасухъ ﷻ букIиналда нилъ мукIурлъула ва хIелула. Авараг ﷺ тIадегIанав макъамалъул вугониги, гьесде цониги чи вахичIониги, гьев ккола Аллагьасул ﷻ лагъ, живги Гьесул ﷻ рахIму-цIобалде хIажатав.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...