Аслияб гьумералде

Малаикасул кумек нахъчIвана

Малаикасул кумек нахъчIвана

Малаикасул кумек нахъчIвана

 

Ибрагьим авараг цIадулъе рехидал, чанго малаикас кумек гьабизе бокьун букIин загьир гьабидал, гьес гьеб нахъчIвала. Щиб хIикматха букIараб Ибрагьим аварагас малаикзабазул кумек нахъчIваялъулъ?

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малаикзабазда абула Жинца ракьалда тIад Адам ва гьесул зурият (наслу) бижулин. Малаикзабаз абула ракьалда пасалъи гьабулев чийищ Дуца вижизе вугевилан абун. БетIергьанас ﷻ гьезда абула Жинда цIикIкIун лъалин абун. Гьеб гIиллалъун ккана Ибрагьим аварагас ЖабрагIил малаикасул кумек нахъчIваялъе. Аллагьасул ﷻ рахъалдасан гьеб малаикзабазе хIужалъун букIана.

Ибрагьим авараг гьеб заманалда Аллагьасул ﷻ пикрабазда, Гьесдехун ﷻ рокьигун вукIана. Сверухъ лъугьа-бахъунеб гьесда бихьулебги букIинчIо. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Гьанже кинха нужеда вихьулев вугев Дир лагъ», - ян.

Гьенир загьирлъана Аллагьас ﷻ абурал рагIаби, ай Жинда цIикIкIун лъалин абурал.

Ибрагьим авараг цIадаве рехизегIан цо малаик вачIуна ва абула жив вугин гьуриялда тIад тарав малаик, бокьани гьуриялъ цIа свинабилин абун. Цогидав малаик вачIун абула жив вугин лъеда тIад тарав малаик, лъимги тIаде тIун свинабилин абун. Лъабабилев малаикас абула жив ракьалда тIад тарав малаик вугин, бокьани ракьулъе тIерхьинабилин абун. Ибрагьим аварагас гьезул кумек къабул гьабуларо ва абула: «Дидаги Аллагьасдаги гьоркьор чIоге. Бокьани, Жиндир рахIматалдалъун хвасар гьавила, бокьани, Гьес дун вухIизе тела. БукIун батила дир гIибадаталъулъ кIарчанлъи, сабру гьабун чIела», - ян.

ЦIадаве рехулеб мехалда ЖабрагIил малаик вачIун абула, кинаб букIаниги хIажат бугищ дурилан абун. Ибрагьим аварагас абула дудаса кумек хIажат гьечIин абун. ЖабрагIил малаикас абула дудаго бугеб хIал щай Аллагьасде борхуларебилан. Ибрагьим аварагас абула Гьесда дида бугеб хIал лъикI лъалин, гьелде хIажалъи гьечIин абун.

ХIадисалда буго къаси-къад рукIунел малаикзабазда ТIадегIанав Аллагьас, лъалеб бугониги, гьикъулин: «Дир лагъзал нужеда кин ратарал», - абун. Гьезги абулин: «Как балеллъун ратана ва нахъе унелъулги как балел тана», - ян.

Шайих Абул ХIасаница абуна: «Аллагьас гьезда абунила, нужеца гурищ абураб пасалъи гьабулев чи щай вижулевин абун. Кинха нужеда гьел ратарал?» - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ЖабрагIил малаик витIи, Ибрагьим аварагасул макъам загьир гьаби букIана, ай цогидал малаикзабазда аскIоб. Ибрагьим аварагас Аллагьасда ﷻ гурони лъида гьарилеб, Аллагь ﷻ гурев чи гьесда вихьулареб мехалда.

Ибрагьим аварагасе Аллагьасул ﷻ гьудул абун цIарги щвана.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...