Аслияб гьумералде

Какие хIадурлъи

Какие хIадурлъи

Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон, как диналъул хIуби ккола. Гьединлъидал, как баялде цIакъ кIвар кьезе ккола. Жакъа гIемерисез сундулго пикру гьабичIого бала как. Амма пикру гьабизе ккола.

 

ТIоцебе какие чурила. Гьебги чурила кIванагIан хIузур цIунун, ай цIалулел азкаразул пикру гьабун. Гьел азкарал ккола нилъеца Аллагь ﷻ рехсей, Аллагь ракIалда щвезави.

Хадуб халгьабила черхги, ретIелги, как балеб бакIги бацIцIад бугищали. Гьелдаса хадуб Къиблаялде вуссина. Имам ШафигIил мазгьабалда рекъон, Къиблаялде, хас гьабун КагIбаялде, руссине ккола. ХIатIалги лъела цоцада ращад гьарун, ритIун, берцинго, ай цояб цебе, цогидаб нахъегIан лъечIого. КIиябго хIетIеялда гьоркьоб рокьогIанасеб манзилги тела. 

Цинги мугъ битIун чIезабила ва цIалила «Къул агIузу бирабби ннас» абураб сура. Гьеб сура какилъе лъугьиналде цIалула шайтIаналдаса цIунизелъун. Какилъ сужда гьабулеб бакIалде балагьизе беццараб буго. Щайин абуни, гьелъ цIикIкIун хушугI бачIинабизе кумек гьабула.

Гьелдаса хадуб васвас, батIи-батIиял пикраби тезе хIаракат бахъила, цинги ракIалде щвезабила лъида цеве мун чIун вугевали. Как бай Аллагьасулгун ﷻ гьабулеб мунажат кколелъун, мун неча Аллагьгун ﷻ гъапулаб ва дунялалъул васвас цIураб ракIгун кIалъазе. Гьединго дуда лъай, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ дуда жаниб бугеб кинабниги лъалеблъи. Аллагь ﷻ балагьула нилъер ракIазухъ. БетIергьанас ﷻ нилъер как къабул гьабула хушугIалъул къадаралъухъ балагьун.

Какилъ Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабе, дуда Аллагь ﷻ вихьулев гIадин, хIакъикъаталда дуда Гьев вихьичIониги Гьесда мун вихьула. Амма какилъ хIузур гьечIони, какги балеб бугони цебе кковухъе, гьелъул магIна ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ кIодолъи лъаялъулъ кIарчанлъи гьабулеб букIин. Гьединлъидал инсанас жигар бахъизе ккола жиндирго ракI сах гьабизе ва живго къачIазе. Гъапулго бараб как цIикIкIун хIажатаб буго истигъфар ва пикру гьабиялде. Дуцаго цохIо как балеб мехалъ къамат гьабила. Къамат ккола как базе байбихьиялъе авал лъолеб жо.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...