Аслияб гьумералде

ТIоцебесей мугIалим

ТIоцебесей мугIалим

Нилъер диналда эбелалъ тIадегIанаб бакI ккола. Къуръаналдаги Аварагасул ﷺ суннаталдаги чанго нухалъ тIадчIей гьабун бицунеб буго эбел-инсул, хасго эбелалъул адаб-хIурмат гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Хъизамалда ва жамгIияталда эбелалъулаб тIалаб рикIкIуна бищун кIвар бугезул цояблъун.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Нижеца инсанасде амру гьабуна эбел-инсуе лъикIлъи гьабеян. Эбелалъ гьев захIматго ургьив хьихьана, гьединго, захIмат бихьун гьавизеги гьавуна…», - абун (суратул «АхIкъаф», 15 аят).

Цоги аяталда буго (магIна): «Дур БетIергьанас амру гьабуна дуца Жиндие гурони гIибадат гьабугеян, эбел-инсуе лъикIлъи гьабеян, гьезда «уф» абураб гIадабцин (адаб тун) рагIи абугейин…», - абун (сурату «Исраъ», 23 аят). Хириял аятазда рехсаралдаса босун хIисаб гьабуни, эбел-инсудехун, хасго эбелалдехун разилъи гьечIолъиялъул бищун дагьаб гIаламатцин бихьизабизе гьукъараб буго.

Хирияв Аварагас ﷺ чанго нухалъ абуна эбелалъул адаб-хIурмат гьабизе кколин абун. Цо къоялъ пуланас гьесда ﷺ гьикъун буго: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, гIадамазда гьоркьоса дир лъикIлъиялъе бищун мустахIикъав чи щив?» - абун. Гьес жаваб кьун буго: «Дур эбел йиго», - ян. «Хадув щив вугев?» - абун цIехедалги, Аварагас ﷺ жаваб гьабула: «Дур эбел йиго», - ян. Нахъе гьикъидал, Аварагас ﷺ абула: «Дур эбел йиго», - ян. Цинги ункъабизеги суал такрар гьабидал, Аварагас ﷺ абула: «Дур эмен вуго», - ян (Бухари ва Муслим).

Эбелалдехун цIунизе кколел адабал:

- ХъачIлъи бихьизабун киданиги гьаракь борхизабунгутIи.

- Кумек-квербакъи гьаби, хасго ригьалде яхараб мехалъ.

- Кидаго Аллагьасде ﷻ дугIа гьаби.

- Гьелъул рахъалдасан гIагарлъиялъулгун бухьен цIуни.

- Кидаго гьелъул тIадкъаял тIуразари.

Эбел йиго лъимералъе тIоцебе тарбия кьолей мугIалим. Гьелъ кьучI лъола иманалъул, яхI-намусалъул, Аллагь ﷻ вокьиялъул, дин-исламалда хурхаралъул бицунел киналго бутIабазда. ХIадисалда буго: «Алжан нужер улбузул хIатIазда гъоркь буго», - абун (Насаи). Эбелалъе хъулухъ гьаби, адаб цIуни - гьеб буго Аллагьасул ﷻ разилъиялде щвеялъе нух, кIудияб кири щолеб гIамал.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги адаб цIунизе! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...