Аслияб гьумералде

Хабалъ букiунеб гiумру

Хабалъ букiунеб гiумру

Хабалъ букiунеб гiумру

Хабалъ квешав чиясе гIазабги лъикIав чиясе нигIматги кьей хIакъаб буго. Хоб яги алжаналъул ахаздаса ахлъун яги жужахIалъул гвендаздаса гвендлъун букIуна. ЛъикIав муъминчиясул хоб гвангъизабула ва бералъ босулеб манзилалъ гIатIид гьабула, гьенире алжаналъул махIал риччала, нигIматал рачIуна.

Квешав капурчиясул хоб бецIлъизабула, къварид гьабула, гьесул хьалбалухъгIучIал цоцалъе инегIан данде къала. Гьенире жужахIалъул бухIиги, квешал махIалги, гIазабалги риччала. Капурзабазе кьолеб хабал гIазаб кидаго букIуна, мунагьал гьарурал бусурбабазе гIазаб къотIула. Хоб данде къала кIиябго рагIал цоцалъ тункизегIан. ЛъикIал гIадамазе гьеб гIатIилъула, капурзабазе гIатIилъуларо.

Гьебги киназего данде къала - гIисиназеги чIахIиязеги, лъикIазеги квешазеги, аварагзабазеги. Хабалъ гIазабги нигIматги букIиналъе далил Къуръан-хIадис буго. Аллагь сундаго хIалкIолев вугелъул. Нилъер бералги гIундулги дунялалъул жо бихьизеги рагIизеги кьурал руго. Хабалъ бугеб абуни, ахираталъул жо ккола, дунялалъулаб бихьизе, рагIизе кьурал бералги гIундулги ахираталъул жоялда хурхунаро ва гьезда гьениб бугеб бихьуларо, рагIуларо.

Кьижун вугев чиясда макьилъ гIемераб жо бихьула: нигIмат кваналев, борхьица хIанчIулеб, гIодулев, вохулев. Амма кьижарасде тIаде балагьун вугев чиясда щибго бихьуларо, рагIуларо, яги лъаларо. Гьесда бихьичIониги, кьижарасда бихьулеб буго нигIматги гIазабги. Гьеб мисалалъ бичIчIизабула бихьичIолъиялъ гьечIолъи тIад гьабуларин абураб гIакълияб къагIида.

Лагъ хабалъ лъедал, Мункаргун Накирги рачIун, гьикъула дуца щиб абулеб МухIаммад аварагасул хIакъалъулъ абун. Муъминчияс абула гьев Аллагьасул лагъ кколин, БетIергьанасул расулги кколин абун. Цинги гьесда абула, мун балагьейин дуе жужахIалда бихьизабун букIараб бакIалъухъ, Аллагьас гьелъул бакIалда дуе алжаналъуб бакI гьабунин абун. Гьесда кIиябго бакIги бихьула.

Мунапикъав, капурав чи вугони, гьес абула: «Дида лъаларо, гIадамаз цо жо абулеб букIана», - ян. Гьесда абула дуда лъачIинха абун. Цинги гьесда маххул гьецIокъ кьабула, жиназдаги инсаздаги хутIун цогидазда гьебги рагIула (Бухари). Цоги хIадисалда буго, гьесда гьикъулила дур БетIергьан щивин, дур дин щибин, нужехъе витIарав чи щивин абун. Муъминчияс жаваб кьолила дир БетIергьан Аллагь вугин, дир динги ислам бугин, нижехъе витIарав чиги Аллагьасул Расул вугин абун. Капурчияс лъабабго суалалъе лъаларин кьолила жаваб.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...