Аслияб гьумералде

Иманалъул даражаялда бугеб

Иманалъул даражаялда бугеб

Иманалъул даражаялда бугеб

«Сабру гьабиялдалъун нижее гьаб дунялалда бищун лъикIаб щвана», - ян абураб рагIи буго ГIумар-асхIабасул.

 

Чиясул гIумруялда сабру гьабиялъул даражаялъе къимат кьезе захIмалъила. Гьеб буго къуватаб гIамал, жинца захIмалъаби раччизе, гьабулеб ишалъулъ битIараб хIукму гьабизе, берцинаб гIамалалъул нухде инсан вачине ва унго-унголъун цIодоравлъун, гIакъилавлъун вукIине кумек гьабулеб.

Гьеб буго рухIияб ва жанисеб рахъалъ къуватав чиясул тIабигIат. Щайин абуни, жанисеб рахъалъ загIипав чиясда ццим бахъараб яги нерваби гьалаглъараб заманалда напс къезабизе ва сабруялда чIезе кIоларо, кIваниги захIмалъула. Гьелъ буго сабру гьабулезе БетIергьанас ﷻ жазаъги кIудияб гьабулеб.

Къуръаналдаги сабруялъул хIакъалъулъ нусгогIанасеб бакIалда рехсей гьабун буго. Гьеб буго Аллагьасе ﷻ бокьулеб гIамалги. Гьедин рехсон буго «Алу-ГIимран» сураялда, «Аллагьасе ﷻ сабру гьабулел рокьула», - ян. Жеги буго: «Нужеца сабру гьабе, Аллагь ﷻ сабру гьабулелгун вуго», - ян («ал-Анфал» 46 аят).

Гьеб буго жидедалъун киналниги аварагзаби ратIа рахъараб гIамал. Алжаналъул кIул гьеб бугин абиги киназего машгьураб буго. Цояз Аварагасда ﷺ гьикъидал щиб жо иман кколебилан абун, гьес ﷺ абун буго: «Иман буго сабру гьаби», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Сабру гьабиялъ иманалъулъ, бетIералъ къаркъалаялъе гьабулебго гIадаб бакI ккола, (бетIер гьечIони къаркъала тIубалареб кинниги), сабру тIагIани, иманги уна».

Сабруялъул бищун лъикIабги буго, жиндие зарал гьабурасе данде тамихI гьабизе кIолебги букIаго, Аллагьасе ﷻ гIололъун гьев тIаса лъугьун тей. Гьелъул хIакъалъулъги Аварагас ﷺ абун буго: «Бищун дие бокьулеб гьекъолеб жоялдаса буго, ццим бахъинги къотIизабун, сабруялъул гьекъей. Ццим бахъин къезабурав чиясул ракI Аллагьас ﷻ иманалъул цIезабила», - ян.

Сабру гьабизеги ккола бищун Аллагьасде ﷻ гIагарал, Гьесие ﷻ гIибадат-гIамалалда ругез. Гьелдалъун гIемерал аварагзабазул хIалги бихьана. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ цо чагIи рокьараб мехалъ, Гьес ﷻ гьезул хIалбихьиял гьарула. Бихьаралда разилъи гьезул бугони, Аллагьасул ﷻ разилъиги щола гьезде. Ццим бахъун, сабру тIагIун лъугьани, Аллагьасул ﷻ ццим бахъинги щола», - ян.

Абу-Малик аль-АшгIариясдасан бицараб хIадисалда буго: «Сабру - гьеб буго нур (жиндалъун гьелъул бетIергьанасул хоб гвангъизабулеб)», - ан.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги сабру гьабулел, бихьаралда шукру бугел, гьабулеб гIамалалъулъ рацIцIадал лагъзаллъун! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...